МагъчIваялъе рес

«Байрам тIобитIилалде гIадамазул масъалаби тIуразе ккола Дербенталда»


Орта-Капыялъул гъоркьияб рахъ къачIан гьечIо.
Орта-Капыялъул гъоркьияб рахъ къачIан гьечIо.

МоцIидасан Дербенталъ 2000 сон тIубаялда хурхун байрамалъулал тадбирал тIоритIизе руго. Гьеб къоялде шагьар хIадуризе к1иго миллиардгIан гъурущ биччан бугин лъазабулеб букIана республикаялъул тIалъиялъ. Амма гьебщинаб гIарац тIадхвезабураб гIадаб ахIвал-хIал Дербенталда гьечIин, гьенир гьарулел ругел къачIа-кIатIаялъул хIалтIабиги тIаса-масаго гьарулел ругин, шагьаралъул аслиял проблемаби жеги тIуран гьечIин лъазабулеб буго жалго Дербенталъулаз.

Исана 19 сентябралда кIодо гьабизе буго Деребнталъул 2000 сон тIубаялъул байрам. Гьеб къоялде шагьар хIадуризе, гьеб къачIазе байбихьана кIиго соналъ цебе. Амма гьенир гьарурал хIалтIабазул лъикIал хIасилаздаса квешал хIасилал цIикIкIун рихьулел ругин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Гьединго Дербенталъул тарихияб, некIсияб рахъалда гьарурал хIалтIабаздаса цIакъго разигьечIого руго тарихчагIи. Гьез лъазабулеб буго къачIалебинги абун чанги тарихияб бакI гьанжесеб къагIидаялде буссинабун, хвезабун бугилан.

ЦохIо Нарын-Хъала къачIазе 85 миллион биччан букIанин лъазабулеб буго Дербенталъе 2000 сонилан абураб, гьеб байрамалде хIадурлъиялъул кинабго хIалтIи тIаде босараб хасаб гIуцIиялъул пресс-централъ. Гьеб гIарцуда рекъараб хIалтIи гьениб бихьулеб гьечIин лъазабулеб буго экспертаз. Гьел хIалтIабаздаса разигьечIолъи загьир гьабун Россиялъул тIалъиялъухъеги ЮНЕСКоялдеги кагъталги хъван рукIана гьез.

Гьединго Дербент байрамалде хIадуриялъул программаялда рекъон шагьаралъул I5 аслияб къватI къачIазе кколаан. Гьенир тIубан хисизе кколаан лъел ва чороклъи унел рогIразул система, токалъул кварал, къватIахъ канлъи чIезабулел чирахъал. КъватIахъе гIодобе тIезе кколаан хъил ва нухлул гIадамал рилълъунеб бакIалда гIодоб къоноги чIун гьебги гIадлуялде бачине кколаан.

Гьединго гьел къватIахъ ругел минабазул къотIнорехун бугеб рахъ къачIазеги кколаан. Амма гьел хIалтIабазул 30 процентгицин рагIа-ракьанде щун гьабун гьечIин лъазабулеб буго дербенталъулаз. Шагьар байрамалде хIадурулеб хасаб гIуцIиялъ хIисаб кьолеб буго гьанжеялде Дербенталъул II къотIнор гьарулел къачIа-кIатIаялъул хIалтIаби лъугьун ругилан.

Гьеб щибаб къотIное щварай «Эркенлъи» радиоялъул мухбиралда бихьана, гьез кьурал баянал гьересиял рукIин. 14 августалде къачIазе кколел рукIарал къватIазул лъабгояб лъугIун буго тIубан. ХутIаразда жеги гьарулел хIалтIаби руго, цо-цоязул цо рахъ къачIан цойги рахъалда кверцин хъван гьечIо.

Масала, шагьаралде рачIунеб, гьеб бакьулъан унеб Гагаринил къотIноб жеги тротуарал къачIан рахъун гьечIо, токалъул кварал руго гIодоре далун, цо-цо бакIалда гIадамазул малакьцин руго гьел.

Нарын-хъалаялде унеб Орта-капы абулеб къватIалъул тIасияб рахъалда хъил тIун буго, тротуаралги хъалаялъул къедги къачIалеб буго жеги-жеги, гьелъул гъоркьияб рахъалда цохIо къотIноб канлъи чIезабулел чирахъалги хIубалги хисун руго, тIокIаб хIалтIи гьабун гьечIо.

ГIадамал рилълъун бажарулареб хIалалда, бухъа-хъван буго Крупскаялъул къватIги. ГIемерисеб гьеб хIалтIи лъугIараб бакIалдаги бара-баралъуб тун буго гьениб хIалтIизабулеб букIараб сали-ракьги, гIодо кколеб къоноги, цойгидаб кьищниги.

Гьелдасаги бищунго гIадамазул разигьечIолъи буго шагьаралда гьеб къачIа-кIатIай гьабилалда цебе гьелъул аслияблъун кколеб лъел проблема тIубан гьечIин абун. Гьанжеги 5 къоялъ, анкьица тIубан лъимги къатIун хутIулел руго гьел.

Гьеб кьураб мехалдаги сордо-къоялда жаниб кIиго сагIаталъ гурони бачIунеб гьечIо. Цо-цо къватIазда гьел лъел ва чороклъи унел рогIрал хисулелин абун цебе букIаралдасаги квешаб хIал лъугьун бугин, гьел хIалтIаби кутакалда хашго гьарулел ругин бицана «Эркнелъи» радиоялъе Дербенталъул Рзаева къотIнов гIумру гьабун вугев Агъабала Сардаровас.

Агъабала Сардаров: «Гьез цо заманалъ чороклъи унел рогIрал хисулелинги абун къватI бакьулъан ине тун букIана кинабго хъублъи. 12 метралъул манзилалда гьез рогIарал кIиго анкьица хисана, гьеб хIалтIи цо къоялда жаниб лъабго чияс гьабун бажарулеб жо буго. Гьел хIалтIаби гьарун рахъинегIан цо къоялъ-кIиго къоялъ яхI гьабун чIаниги, кIиго анкьица гIадамал гьедин тIубалищха.

Дербенталъул бищун кIудияб проблема лъим чIезаби бугелъул гьебгIаги тIубалин байрамалдейилан хьул букIана гьебги гьединго хутIана.Гьаниб кинабго роцIцIун бугин абун хIисаб кьезе цIакъал руго нижер хIакимзаби. Гьезул гьерсал чIалгIунин дагьав цевегIан Меликов Дербенталде вачIарав мехалда гьесде гIарз бахъизе ун рукIарал ниж.

Киналго хIалтIаби гьез тIаса-масаго гьарулел руго. Гьаб нижер къотIноб хъил ракьхасало, гIазуги балаго тIолеб букIана. Гьединлъидал тIун бащадаб лъагIел балалде гьебги холеб бугеб.

Гьединго тротуаразда ккураб къоно бахъун бачIунеб буго, гьебги букIине кколедухъ щула гьабун гьечIо. Нижеда аскIоб бугеб Мамедбекова къотIноб лъелги чоролъиялъулги рогIрал хисулеб мехалда гьез чороклъи унеб рогIору лъелалъубе жанибе биччан батана.

Гьелъулги букIана кIудияб ахIи бахъун, щиб гьабилебали лъаларого буго халкъ. ХIалтIухъабазе гьелъул щиб ургъелха букIинеб, гьел жидеего бокьа-бокьараб гьабулел руго».

Гьеб шагьаралъул байрам кIодо гьабиялъул бицине байбихьарабго тIалъиялъ лъазабун букIана аслиял къватIал рагIа-ракьанде щун къачIазе ругила, гьедин къачIачIониги, шагьаралъул цойгидаб рахъалдаги нухазулги лъелги масъалабиги тIуразе ругилан. Амма гьеб рахъалда щибго хIалтIиго гьабулеб гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Вокзальная къотIноса Дадашева Реванаца.

Дадашева Ревана: «Байрамалъулаб парад инел ругел къватIахъ гурони цойгидаб бакIалда гьез килищго хъвачIо. БетIералда роххуца холел рукIана ниж, гьанжегIаги нижер мухъалдаги дагьабниги гIадлу букIинилан. Я нухал къачIаго нижер гьенир, я лъел рогIрал хисичIо, чорокаб лъим унеб система нижер гьениб гьезего гьечIо, щивасул азбаралъул бухъараб гвенд букIуна, гьенибе уна кинабго. Гьеб гIаги щвелин букIараб хьулги гьединго хутIана.

Гьелда тIадеги цIад банщинахъе нижер рукъзабахъе лъим кIанцIула, чанцIулго дир мина-карт хвезабунги букIана. ЦIадал лъим унеб система гьабилин нужеейилан рагIи кьун букIана шагьаралъул нухмалъиялъ гьеб байрам кIодо гьабилалде, гьебги гьабичIо гьез. Гьединлъидал нижецаго гIарацги данде рехун гьабуна гьебги».

ГIадамазе пайдаялдаса хIакимзабазе цIогьодизе санагIалъиялъе кканила гьеб Дербенталъул 2000 сон тIубаялъул байрамилан рикIкIунеб буго дербенталъулаз. Гьелде хIадурлъиялъе биччараб гIарац гьениб унголъунги хвезабун букIарабани шагьар тIегьазабизе бегьулаанилан абураб пикру буго гьезул.

XS
SM
MD
LG