МагъчIваялъе рес

Америкалъ Азербайжаналъул диваналъул хIукму какана


Америкалъул Цолъарал Штатазул рахIат хвезабун буго Азербайжаналъул диваналъ инсанасул ихтиярал цIунулел рос-лъади ГIариф ва Лейла Юнусие къотIараб хIукумуялъ, ян хас гьабун, лъазабуна Америкалъул Пачалихъияб департаменталъ.

Пачалихъияб департаменталъ тIалаб гьабулеб буго рос-лъади Юнус кватIичIого эркенлъуде риччай. Азербайжаналъе пайдаяб ишлъун букIинаанин гьелъул тIадтараз халкъаздагьоркьосел нормаби цIунанани.

XS
SM
MD
LG