АрбагI къоялъ букIараб пресс-бриффингалда Америкалъул лъелал аскариязул штабалъул бетIер генерал Рэй Одиерноца лъазабуна, Россия кколин Цолъарал Штатазе бищун кIудияб хIинкъи кьолеб улкалъун.
Гьез цо чанго гIилла рехсана. Гьезда гъорлъ – Украиналда бан Россиялъ гьабулеб иш ва Балтиялъул улкабазул суверенитеталъе кьолеб хIинкъи.