МагъчIваялъе рес

Генув чIвана «Имарат Кавказалъул» нухмалъулев


10 августалда гендерил парсахъ тIобитIараб хасаб операциялда чIварал ункъоязул цояв Сулейманов МухIамад вугин лъазабуна 11 августалда низам цIунулез.

Чанго моцIалъ цеве ГIалиасхIаб Кебеков чIван хадув «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул нухмалъулевлъун тIамун вукIана гьев. 2010 соналдаса нахъе гьеб гIуцIи Россиялда терроралъулабин рикIкIуна.

ПалхIасил, 10 августалда гендерида аскIор аскарияз гъоркьчIелги гьабун ункъоял чIван руго, жеги лъабгоял лъутун рорчIун руго. Сулеймановасда цадахъго гьенир Камил СагIидовги ГIабдула ГIабдулаевги чIван ругин хъвалеб буго низам цIунулезул сайталда.

Амма ункъабилев щивали чIезабун гьечIо жеги. 2006 соналдаса нахъе федералияб цIех-рехалда вукIарав СагIидов кколаанин Сулеймановасул кваранаб квер гIадав чиян хъвалеб буго терроралда дандечIараб Россиялъул комитеталъ 11 августалда тIибитIизабураб лъазабиялда.

Нух бахъизе санагIат гьечIеб бакI букIиналъ, гьезде кьаби щвезабун буго гьаваялдасанги.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъабазда гъорлъе Сулейманов 2007 соналда лъугьун вуго. Абу-ГIусман Генусев абураб цIаралда гъоркьги лъалаан гьев.

ЭР-ялдасан жиндирго цIар бицине разилъичIев аскарияс абуна Сулеймановасеги гьесда цадахъ чIварал ГIабдулаевасегун СагIидовасеги исламияб лъай Сириялда щун бугин. Амма доба хIакъикъияб лъай щоларилан, жал цIалулел рукIараб институталда гIайибалги чIван, гьел киналго рокъоб цIали гьабизе журан ругила (диниял гIалимзабазда цере).

Амма гьел лъабазулго гIагарав чи Шамилица гьадин бицана гьелда тIасан ЭР-ялъе.

Шамиль: «ГIалил МухIамадин, «Халатавин» абула нижеца гьесда – Сулейманов МухIамадида. 1992-93 соназдаса нахъе цIалулев вукIана гьев Сириялда. Дун 2003 соналъ ана. Гьеб заманалда гьев чи – Сулейманов МухIамад – ватана нижеда гьенив. Гьев нижер кIудиявлъунги вукIана. Жиндаса хадур гьенире рачIарал киналго Генуса студентазе, Генуса гурелги – ХарачIиса, Балахьуниса, ЦIумадаса, ГIахьвахъа студентазеги кIудиявлъун вукIана гьев. Дун доваса тIадвуссана 2005 соналда.

Гьелдаса хадуб байбихьана гьез жигьад гьабизе кколилан къватиIре рахъин. Гьев чияс – аскарияс – абулеб батани, дора цIалулелги рукIун, дора Сириялда ругел гIалимзабиги капур гьарун, батIа кIанцIун чIанин гьел лъабавго чиян, гьесул рагIи гьереси букIиналъе гьадинаб далил буго. Жакъа ютюбалда балагье Сулеймановас гьабулеб бокьараб видеохитIабалъухъ. Гьениб гьес абулеб буго «гIелму цIале, гIалимзабазухъ гIенекке, гьезул кIалдисан босе кинабго» ян.

ГIалимзаби капур гьарулел рукIун ратани, гьев цичс щай гьединал хитIабал гьарулел рукIарал? Гьеб цо. КIиабизе, гьаб Дагъистаналдеги, тIолабго дунялалдеги ИГ абураб унти тIаде бачIиндал, щай гьев цояб рахъалде кIанцIун чIарав? Щиб гIолорогун гьев цояб рахъалдехун кIанцIун чIарав?

Жеги буго гьадинаб далилги. Дагъистаналда дагIват гьабулел салафиязул гIалимзабаз, хадур ИГалъе гьаги бан дорехун арал чагIаз чIвазе къотIун рукIана МахIачхъалаялдаги, Гъизилюрталдаги, Хасавюрталдаги рукIарал чанги диниял церехъаби. Дие гьезул цIарал рехсезе бокьун гьечIо.

Гьел чIаго руго. Амма гьас – Сулеймановас – нахъчIвалел рукIана гьел чагIи чIвазе къотIарал хIукмаби, гьедин гьабизе бегьуларин, щайгурелъул гьел чагIиги бусурбаби кколелъулилан».

ЭР: «Шамиль, гьедин батани, щай Сулейманов ярагъги гIодоб лъун ракълиде вуссинчIев?»

Шамиль: «Баладасан ракълиде вуссун вукIана гьев. Дагъистаналде тIадвуссун вачIун хадув дагIваталдалъун берцинго гIадамазда жо бичIчIизабизе лъугьунги вукIана. Хадуб гьесда бичIчIун батилаха жив гьединан хIукуматалъ тезе гьечIолъи.

Гьедин цIалун вачIарав чи мажгиталда вагIза-насихIат гьабизе лъугьани, гьев чияс бищун цIикIкIун гьениб бахъула моцI. Гьелдаса хадуб гьесухъе хьвадизе байбихьула хасал хъулухъаз (низам цIунулез), цинги хIинкъалаби кьола, бугеб-гьечIеб жо тIад лъола. Гьесулги гьединго ккана».

Ярагъги кодоб ккун жинда данде рахъарал чагIи кида-къадги пачалихъалъ толарин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе МухIамад ГIабдурашидовас. Гьев ккола терроралда дандечIун МахIачхъалаялъул администрациялда гIуцIараб комиссиялъул вакил.

МухIамад ГIабдурашидов: «ЛъугIизе тезе ккола, ракълилаб гIумруялде руссине ккола. Улкаялъул къануназда данде кколарел ишал тезе ккола. Нужецаго хIисаб гьабеха, МухIамад Сулейманов сон-жакъа ваккарав чи гурелъул. Гьев вуго анцIго соналъ цевего улкаялъул гIуцIиялда данде вагъулев вукIарав чи.

Гьеб заманалда жанив гьесда релълъарав кигIан чи тIагIинавурав? ХIисабалде босизе ккола гьадинаб жо – пачалихъалъ жибго цIунизе бокьараб сурсат хIалтIизабизе буго. Гьелъие гIураб къуватги буго гьелъул. Хасго жакъа. Гьединлъидал щиб гьабунги къватIире цIазе ккола дора-анир рохьазда яги цогидаб бакIалда ярагъги кодоб ккун чIарал гIадамал.

Гьелъие гIоло щибаб мухъалда, шагьаралда гIуцIун руго рекъел гьабиялъул комиссиялги. Хасал гIадамазда божун, гьезда хадур арал, жидеда тIад би гьечIел чагIи хвасарлъизеги рес буго гьел комиссиял сабаблъун. Узухъда, руго гьезда гьоркьор киданиги кверде унарел чагIиги, бищун гIагарал гIадамал аскIоре рачIун гьарданиги. Гьезда лъала иш цIакъго гIорхъолъа ун букIинги батIияб нух гьечIолъиги».

Гендерил парсахъ хасаб операция халатбахъунеб букIана 11 августалдаги.

XS
SM
MD
LG