МагъчIваялъе рес

Германиялда Америкалъул рагъулаб боржаро бортана


Германиялъул жанубияб рахъалда бортана Цолъарал Штатазул гьавадул къуватазул боржаро, ян лъазабуна Америкалъул рагъулаб идараялъул пресс-хъулухъалъ. ХIужа ккана Бавариялда бугеб Байройт шагьаралда аскIоб.

Пилотасда кIвана хвасарлъизе, катапульта хIалтIизабун. ГIилла жеги тIад чIезабун гьечIо. Доб букIанин рагъулаб хIалбихьиялъул боржин, абулеб буго Америкалъул рагъулал хъулухъчагIаз.

XS
SM
MD
LG