МагъчIваялъе рес

Тарумовкаялъул нухмалъулел хъулухъалдаса гIодор чIезарун руго


ЦIех-рех рагIалде бахъинегIан Тарумовка мухъалъул нухмалъулей Марина Абрамкина хъулухъалдаса гIодой чIезайизе хIукму къотIана Тарумовка мухъалъул диваналъ.

Гьелда цадахъго гIодорчIезарулел руго Абрамкина хисулев Валерий Митьковец, Тарумовка мухъалъул азарханаялъул бетIерав тохтур Виктор Ображиев, Тарумовка росдал администрациялъул бетIерасул ишал тIуразарулей Анжела ГIабдулаева, гьединго республикаялъул мал-мулкалъул министерлъиялъул эксперт Багир Куркиев.

Къанун цIунулез дагIба балеб буго Марина Абрамкиналъги гьел хадур рехсарал чагIазги Тарумовка мухъалъул азарханаялъул лъабго миллионалъул багьа бугеб ракь цо миллионгун 107 азарго гъурщиде бичун букIиналда.

Амма чанго къоялъ цебе Абрамкиналъ фейсбукалдасан лъазабуна гьеб ракь Дагъистаналъул мал-мулкалъул фондалъухъе кьезейин абун хIукму гьабун букIаниги, жий хIалтIуде ячIараб мехалда гьеб гьезухъе кьун букIинчIилан.

Цинги инвесторас жиндица гьениб медицинаялъулаб лъикIаб центр балин абураб мехалда, гьесухъе хIалтIизабизе кьун букIанила гьеб ракьги, гьенир рарал бакIалги. Гьеб кинабго иш Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерствоялдаги лъалаанилан.

Гьеб бакIалда гьабсагIаталда буго хасав чи бетIергьанаб клиника. Цебейин абуни хIарщул цIураб бакI букIанин гьебилан бицана ЭР-ялъе Тарумовка мухъалда гIумру гьабулев Хизри Дидойскияс. Рукъалъул чагIи унтун гIемер кколин жал азарханаялдейин бицана гьес.

Хизри Дидойский: «Гьанже доба лъугьун бугеб берцинлъи бихьизе лъикIан. КъачIан буго матIу гIадин, щибаб рокъор видеокамерабигицин руго лъун. ГьанжегIагар бараб Тарумовка мухъалъул азарханагицин гьечIо гьедигIан къачIан.

Гьадинаб жо буго гьениб. Гьазни кIодо-кIодо гьабун бицунеб бугин. Гьеб клиника бараб ракь бахъун букIана мухъалъул балансалдаса, гьединго республикаялъул балансалдеги босун букIинчIо. Лъиениги къваригIинчIеб бакI букIана, гIемер хIалтIиги букIана доба гьабизе. Гьеле гьев вачIарав чияс (инвесторас – ЭР) босна доб ракь. КигIаналдеяли дида лъаларо.

Амма нусго млн гъурущниги хвезабун батула дос гьелда тIад. Щайгурелъул цIакъ цебетIураб куцалда къачIан буго гьес гьеб. Дуцаго хIисаб гьабе, пачалихъалъул азарханаялда иш батIайисан буго. Медицинаялъул кумек чIобого гьабулилан рикIкIаниги, гьал дир хъизаналъул чагIи рукIуна кидаго бицунел шприцал росизегицин жал тIамулилан».

Марина Абрамкиналда цеве 13 соналъ Тарумовка мухъалъе нухмалъи гьабулев вукIарав Сергей Чепурнойги нахъе вахъун вукIана росдал магIишаталда хIилла-рекIкI гьабиялда бан. Нахъе вахъун хадув росдал магIишаталъул министр хисулевлъун тун вукIарав гьесда сверухъ гъоркьисала цIех-рех байбихьана.

Чепурноясда дандеккун Абрамкиналъул гIезегIан чIаголъи букIанин нухмалъи гьабизеян рикIкIунеб буго цевехун рехсарав Тарумовка мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Хизри Дидойскияс.

Хизри Дидойский: «Сентябралъул ахиралде нижее лъим къваригIуна хурзал лъалъазе. Лъим щоларого рукIуна ниж. Гьедин кидаго канал нижецаго бухъулаан. Росулъехун бачIунеб канал бухъизе рахъунароан гIадамал. Цебе цо хасал чагIи толаанила гьеб бухъизе. Марина Абрамкина ячIараб соналъ экскаваторги лъуна, каналги бацIцIад гьабуна.

Гьелде щвезегIан аслияб канал бацIцIун гурони, планаздехун унел гIисинал каналал лъицаниги рацIцIунел рукIинчIо. Гьединлъидал каналаздаса къватIибе чвахараб лъеда тIаде ракь балел рукIунаан тракторалги рачун гьенир сверухъ гIумру гьабулел гIадамал…

Дагьалъ цебе Тарумовкаялда тIад вертолет букIана свералаби гьарулеб, «Газпромалъе» къвариIгараб карта бахъулел рукIун руго. Гьеб мехалда дица гьезул суратал лъун рукIана фейсбукалда. Цинги цояс комментарий лъун бугоан: «Предупредите Абрамкину» абун. Дица жаваб кьуна: «Абрамкину предупредить не стоит» абун. Щибниги бикъулей дида гьей йихьичIо».

Республикаялда цо-цо чагIазул пикруялда рекъон, Марина Абрамкина йиго Пенсиязул Фондалъул Сагид МуртазагIалиевасе гIоло, гьесул сверухълъиялдаса гIаданилан дое-ание цIацIалей чIужу. Гьединго гьездаги Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасдаги сверухъ гьабсагIаталда байбихьараб цIех-рех МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасул чагIаз босулеб рецIел батулин абурал баяналги руго. Щайин абуни МуртазагIалиевасги, Виноградовасги, Абрамкиналъги кьун рукIана Ростовалъул диваналда гьесда данде баянал.

XS
SM
MD
LG