МагъчIваялъе рес

Халкъияб махщалил фестиваль Бархъали


Халкъияб махщалил фестиваль тIобитIулеб буго ГIахъуща мухъалъул Бархъали росулъ 7-8 августалда. Бархъали росдал щагIил тIагIалаби гьарулеб махщел тIагIине рес бугеб заманалде рачIун ругин, гьелъ, гьеб махщел цебетIеялъе, росдал гIадамазе квербакъи букIин ва дагъистаниязулги къватIисел гьалбазулги бархъалисезул щагIил кIвар ва хаслъи бичIчIиялъе тIобитIулеб бугила гьеб фестивалилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул Культураялъул министерлъиялъ.

Бархъали росулъ гIасрабаз цебеккуун тIибитIараб щагIил тIагIалаби гьариялъул иш хадубккунги цебетIезе квербакъи гьаби ва гIолеб гIелалда Бархъалисезул махщалил аслуялгун лъай-хъвай гьаби - гьел ругин аслияб мурадал 7-8 августалда ГIахъуща мухъалъул Бархъали росулъ тIобитIулел бугеб Халкъияб махщелчилъиялъул фестивалалъулилан лъазабуна Дагъистаналъул Культураялъул министр Зараме Бутаевалъ 7 августалда фестиваль рагьулаго гьабураб кIалъаялда.

Бархъали росулъ археологазда ратарал щагIил кесказул бищунго цудунаб ригь кколеб буго нилъер къарнуялдасаги 5-6 гIасруялъ цере гьарурал. Кида бижараб Бархъали росулъ щагIил махщелали лъидагоги лъалеб гьечIо, гьелъул х1акъалъулъ руго гIицIго биценал. Инкъилаб бахъилалде цебе бархъалисезул щагIил тIагIел камураб хъизан къанагIатаб росулъги букIун батиларин абулеб буго тарихчи Изамудин Абаевас. Изамудин кколев вуго Бархъали росдал тарихалда тIадчIей гьабулев чи. Кинаб мухъалъул щиб росулъе аниги, гьениб батулила жакъаги щагIил рагIал, хIерччал, гулгумал, суркIби ва цогидаб рагI-мач. Бархъалисезул щагIил тIагIалаби гьарулел руго гIицIго руччабаз: ГIицIго руччабаз гьабулеб буго сино хIарщ мерхьиналдаса бахъун тIагIел корониб лъун бежиялде щун кинабго хIалтIи. Цебесеб заманалдаса бахъун руччабаз гьарурал тIагIаби рича-хисизе унел рукIун руго бихьинал.

Советияб заманалда Бархъали росулъ бан буго щагIил тIагIалаби гьаруле цех, ама 90 соназ гьеб рехун тун, жакъа гьенир хIалтIулел ругила 3-4 чIужугIадан. ЛъикIаб гьечIеб заман бугин Бархъали росдал махщалил, гIун бачIунеб гIелалъ кIвар кьолеб гьечIин гьеб иш лъазабиялдейин абулеб буго Изамудин Абаевас.

Изамудин Абаев: «Цереккунги, гIемер тIоритIулел рукIана батIи-батIиял конференциял ва данделъаби халкъияб махщел тIагIиналъул суалал гьоркьор лъурал, амма гьезул хIасил кколаро, ккезеги рес гьечIо. Росулъ хутIун руго аслияб куцалда херал, ригь барал чагIи. ГIолилал ва хIалтIул ригьалъул чагIи цIакъ дагь руго росулъ. Гьел унел руго жидеего бетIер-бахъи гьабиялъе жо балагьун шагьаразде щиб, Россиялъул батIиял регионазде щиб. Росулъ бачун гьечIо газ, чанго сон буго рогIрал рачун, ама газ щолеб гьечIо. БоцIи-панз хьихун гурого батIияб иш гьабизе рес гьечIо. Росдал махщелги сверулеб буго декоративияб махщалиде. Цебе гьеб букIун батани функционалияб кIвар бугеб иш, гьеб, абизе бегьула, 20 гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялдасан тIагIанилан. Декоративияб бугониги, жакъа гьеб тIибитIун гьечIо, гьелъ хьул буго фестивалалъ цIидасан рагIизабилин Бархъали росдал махщалил цIар ва гьелъул къимат бичIчIилин гIадамазда».

Жакъа декоративияб рахъ гIицIго босаниги, гьеб тIибитIизе рес бугин битIараб маркетингалъул политика тIобитIанийилан абулеб буго Москваялда бугеб Дагъистаналъул культурияб централъул вакил Фатима ХIаммадовалъ. Бищун тIоцебе бархъалисезул тIагIалабазул лъикIлъи бугила гьел экологиялъул рахъалъ пайдаял ва тIабигIаталъе зарал гьечIел рукIин. Этникияб хаслъи бугел расанкIаби, декоративияб рагI-мач ва цогидал тIагIалаби хIажатал ругин ва фестивалалъ рес кьелин кIудияб къадар гIадамазе бархъалисезул махщелгун лъай-хъвай гьабизе. Жалго бархъалисезеги махщел цIигьабизе ва цебетIезабизе квербакъи букIинила гьеб фестивалалъул.

XS
SM
MD
LG