МагъчIваялъе рес

Таджикалгун хъиргъизазул тунка-гIусиял


Таджикистаналъул ва Хъиргъизстаналъул гъорхъода ахIвал-хIал хутIулеб буго хIалуцараблъун. Гьениб кьвагьиги рагIулеб букIана. Нижер радиоялъул таджиказул хъулухъалъул баяназда рекъон, гьезул Чорку абулеб росулъа ункъго чи лъукъун вуго. Лъазабулеб буго Хъиргъизиялъул Кок-Таш абулеб росулъа хералги руччабигун лъималги нахъе гочинарулел ругин.

Талат къоялдаги гIорхъоде вакIарун вукIун вуго 500гIан чи. Гьениб конфликт ккун буго Кок-Таш росдал хабалалъе унел рукIарал хъиргъизазе таджиказ нух къан хадуб. Жаваб хIисабалда хъиргъизаз таджиказе къан буго лъим. Цинги кIиябго рахъалдасан 200-гIан чияс байбихьун буго цоцазда ганчIал речIчIизе.

XS
SM
MD
LG