МагъчIваялъе рес

Анжиялъ жавабаде ахIулел руго расистал


Анжиялъул футболистал, Москва, 01Авг2015
Анжиялъул футболистал, Москва, 01Авг2015

«Анжи»-ЦСКА командабазда гьоркьоб 1 августалда букIараб хIаялъулъ ЦСКАялъул рахъ кквезе рачIарал гIадамаз «Анжи»ялъул рахъалде ва тIолго Кавказияздехун инжит-хIакъир гьарулел ахIиял раялда бан ва цогидаб куцалда рокьукълъи загьир гьабиялда тIасан гIарз бахъун буго Россиялъул футболалъул тIалъиялде ва низам цIунулезде «Анжи»ялъул тIалъиялъ. Жидеца тIалаб гьабулеб бугин футбол шовинизмалдаса цIунийилан абулеб буго «Анжи»ялъул нухмалъиялъ.

1 августалда, къасиялдехун, социалиял гьиназда цоялда хадур цоял раккизе лъугьана Дагъистаналъул блогеразул ва интернет хIалтIизабулезул ццим бахъарал хъвай-хъвагIаял, «Анжи»-ЦСКА командабазда гьоркьоб букIараб хIаялда ЦСКАялъул фанатаз «Ажиялъул» хIалел чагIи ва тIолго кавказиял инжит-хIакъир гьарулел ахIиял ралел рукIанилан абун. Гьедин, МухIамадов Тимурица жиндирго гьумералда хъвалеб букIана я хIай бачунел диванчагIаз, я гьеб бицунел диктораз кинабгIаги кIварго кьечIин, гьеб эксремистияб хьвада-чIвадиялде, щибго рагIулеб ва бихьулеб гьечIеб ххвел гьабун, гьеб тIолго улкаялда бихьизеги гьабунилан абун.

3 августалда «Анжи» клубалъул тIалъиялъ низам цIунулезде ва Россиялъул футболалъул тIалъиялде гIарз гьабун буго, ЦСКАялъул хIалае рахъун рахъунел гIадамазе, ай болельщиказе гIадлу гьаби тIалаб гьабун, гьеб тIоцебесеб нух гурин, гьел командаялъул рахъ кколез экстремистиял ахIиял ралелилан абулеб буго «Анжиялъул» пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Ислам Абакаровас.

Ислам Абакаров: «Гьеб тайпаялъул ахIиял «Анжи» къватIиб хIалалаго кидагоги рукIуна, амма гьеб ЦСКАгун хIаялда рукIарал гIадинал инжитал кирго рукIинчIо. Араб соналъул Премьер-лигаялда хIалаго цо хутIичIогон хIаязда рукIана къабихI гьарулел ахIиял, гIицIго Владивостокалда ккечIо цогIаги чи рокьукъаб ахIи балев, хIайги берцинго тIобитIана. Гьеб 1 августалда букIараб матчалъул батIалъи щиб букIарабин абуни, гьениб рагьун хIал гьабиялде ахIулел рукIана, миллатазда гьоркьосеб рокьукълъи бижизабулел ахIиял рукIана. Жакъа цо чияс бокьараб бакIалда гьединал ахIиял ралел ругони, цо гуреб, цо чанго статьяялда рекъон тамихIалде цIала гьев, чанго чагIаз гьединалго ахIиял ругони ралел, гьелги щай цIазе кколарел тамихIалде, гьелда тIасан кколел идарабаз цIех-рех гьаби тIалаб гьабулеб буго нижеца».

Анжиялъул болельщикал ЦСКАгун бук1араб матчалда, Москва, 01Aвг2015
Анжиялъул болельщикал ЦСКАгун бук1араб матчалда, Москва, 01Aвг2015

Москваялъул ЦСКАгун Санкт-Петербургалъул «Зенитгун» ва жеги чанго командагун матч лъугIидал чанги рагъ-кьалги камуларин, гьенир гIодор чIун, дур миллат къабихзI гьабулел ахIиял рагIарабго кининха ракI букIинебин абулеб буго Москваялда гIумру гьабулев ГIабдурахIманов МухIамадица. Аслияб куцалда кавказияздехун бугеб рокьукълъи дагьлъун, яги гьеб цо цIакъго загьир гьабичIогон толеб батани, футболалда гьеб кибего дагьлъун гьечIила, дагьаги хIалуцун гуронийилан абулеб буго Дагъистанияс.

ГьабсагIат Дагъистаналъул футболалъул клубалъ кьураб гIарзаялда рекъон, гьеб команда тамихIалде цIан яги цо миллион гъурщиде щун гIакIа бахъун, яги гьеб командаялъул хIаязде гьезул рахъ кколезе балагьизе рачIине гьукъи букIунин, амма «Анжиялъ» тIалаб гьабулеб гьечIин ЦСКА клуб тамихIалде цIай, щайин абуни тIолго клубалда цо къокъа сабаллъун гIайиб гIунтIизаби мекъаб бугила. Жидеца тIалаб гьабулеб бугин гьеб тайпаялъул чагIазе хIаяде рачIин гьукъийилан баян гьабуна Ислам Абакаровас

Ислам Абакаров: «Руго чанго улкабазул мисалал, болельщиказул гIалхулъи тIагIинабизе кIварал, масала Англиялъул. Англиялъул клубазе фанатазул гIалхуллъи сабаблъун гьукъун букIана Европаялъул Лигаялъул хIаязда гIахьаллъизе. Щиб гьабураб Англиялъ – гьез чанго соналда жаниб тIагIинабуна гьеб: фанатазул секторал къан, гьединал фанатазе хIаязде рачIин гьукъун. Масала, фанатазул зонаялде ккедал чиясул культура кинабго тIагун гьев гIалхуллъулев вуго, гьелъ гьединал зонаби тIагIинаризе ккола. Гьеб гуребги, цогидал улкабазда цIакъго кIудиял гIакIабиги рахъула цо чиясда хъатIулеб жо абунигицин. Гьедин гьебго Англиялда метроялда жаниб ригь барав чIегIерав херасда хIакъир гьавулеб рагIи абуралъухъ гьел чагIи танкан щалали чIезарун, тамихIалде цIана ва кутакалда кIудияб гIакIа бахъана. Нилъер гьаниб чанго соналъ буго гьединаб жо халат бахъунеб, амма тамихIалде цIарав чиго кколев гьечIо».

Жибго ЦСКА клубалъги рази гьечIолъи загьир гьабуна фанатазул хьвада-чIвадиялда хурхун. Гьезул рокьукъаб хьвада-чIвадиялъ тIоцебесеб иргаялда ЦСКАялъул клуб инжит гьабулеб бугилан абун. Иргадулаб хIай «Анжиялъ» тIобитIизе буго микьабилеб августалда рокъоб, Каспийскалда, Москваялъул «Динамо» клубгун.

XS
SM
MD
LG