МагъчIваялъе рес

ЧIухь балайинги абун гьабураб «чабхъен»...


Татьяна Мергинова, С.Муртазгалиевасул якьад, Гъизляр
Татьяна Мергинова, С.Муртазгалиевасул якьад, Гъизляр

Дагъистаналъул Пенсиялъул Фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиев интерполалъ валагьулев вугин абураб хабар гьересияб бугин рикIкIунеб буго гьесул якьад Мергинова Татьянаца.

Гьелъ Эркенлъи Радиоялъе бицана Алманиялда накуялъе операцияги гьабун Дубаялда вугин гьев, гьесда цадахъ ругин гьесул лъадиги лъималгиян. 27 июлалда гьесул рокъоб низам цIунулез чIухьбалеб мехалдаги жий гьений йикIанин. Амма гьениса жий тIадюссиналде жиндирго рокъоб гьабун батараб бихьун лъавудаса инчIого хутIанин жиян.

Мергинова Татьяна: «Нижер рокъоб чIухь бан буго рокъов щивниги гьечIеб мехалда. Каву рагьун букIана нижер, рукъалда кIулал рукIана ран. Гьеб рагьилищин гьениве вачIарав васас абуниги гьесда гьеб рагьизеги течIого гIощтIоца рекун руго нуцIби. Гьезие гьеб рагьуларогойищ букIараб. КIалтIа чIараб машинаялъул къайи-цIа лъолеб бакI рагьун буго хIосги гьоркьобе бегьун, ургъунго бекиледухъ. Машинаялъул цIурдул рекун руго квартIица. Дир къайи-свериялъе гьединаб жо гьабизе дун щий? Дун йиго Мергинова, дун МуртIазгIалиева гуро!»

ЧIухь балайинги абун рукъ кIалагъоркье чIвараб гIечIого гьел гьенир парахаталда гIодорги чIун квана-гьекъолелцин рукIун руго, цIетIа хьагги лъун цIурал хинкIалцин релъун ратанин бицана Татьянаца нижее.

Мергинова Татьяна: «Дир рукъги кIала-гъоркье чIвазабун гьел чагIаз кванан буго гьаниб батарабщинаб, дир хьагги къватIибе бахъун жидеего цIурал хинкIалгицин релъун руго. Моздокалдаса босараб пиводул къали гьекъон буго гьез дир холодильникалъуса чIугIаги босун. Хасалиде къарал консерваби кванарал гIечIого хутIарал рекизарун, гIодоре чIехьон ракь хвезабун бугоан. Дир босадуе, шкафазе гьез гьабун батараб жо бихьараб мехалда лъавудаса ине дагьай хутIун йикIана дун. Дица гьабураб щиб бугеб?! Гьанже дир рокъоб киса-кирего дализарун руго тIогьилал чIалал, гьезда я мугьру гьечIо, я гъулбас гьечIо, я къо-моцI гьечIо. Гъачагъал жаниреги кIанцIун кIвараб заралги гьабун ун ругин абизе кколаха. Гьел щибизе гьанире рачIунго рукIарал. Кодобе щвараб хабчIизеги хапизеги рачIун рукIун руго гьел гьанире».

Хвезабураб ва кванараб малъичIого рокъоса чанги жо камунги батанин бицана Сайгид МуртазгIалиевасул якьадалъ Эркенлъи Радиоялъе. Гьелъул баяназда рекъон, бикъун ине бажаричIеб рукъ сверун бакI-бакIазда бахчун батулеб букIун буго гьезда хадусеб къоялъ.

Мергинова Татьяна: «Бикъун ун бугоан босизе кIварабщинаб жо. ТIадегIанасда цебе гьедизе кIола дида. Хадусеб къоялда гьанир хIалтIулел гIолохъабазда рукъ сверун ругел гъутIбукьин хъархъазулъин ратулел рукIуна рокьоса росун арал ва дора рахчарал жал. Богорокъоб къваригIунеб блендералде щун гIисинабин чIахIиябин къайи букIана гьезда батулеб. Хадусан нахъе босизейин абун бахчараб букIун батула гьез гьеб».

Жиндие гьабураб заралалда тIасан Татьянаца прокуратураялде гIарза хъван буго.

Мергинова Татьяна: «МуртазгIалиевасул рокъобин абуни хIажатханаялъуб унитазалцин рекулел рукIана. Офисалда бакIал рекизеги рекун цо гохIалде рана. Гьенирги ругоан гьекъолдун, кванан. Гьал кваназейищ гьенире рачIун рукIарал? Гьез гьениб гьабураб жоялъул бицине хIохьел гIолеб гьечIо дие. Киса гьел чуркал гьенирего раккарал?»

Цо-цо баяназда рекъон, МуртазагIалиевасул рестораналъул кассаялдаса протоколги хъвачIого гьадинго босун ун буго 130 азарго гъурущ. Мергиновал Татьянал рагIабазда рекъон, гьеб букIун буго хIалтIухъабазе кьезе букIараб харж.

Мергинова Татьяна: «Я протокол хъвачIого, я нугIзал рачинчIого чIинчIухъ бана къайи-свери. Сагидил буго цо гьитIинаб ресторан, гьенив шашлыкIал режулев чиясда лъаларо берцинго гIурусалъ кIалъазе. Къаси сардилъ бухун буго гьесул нуца, гьес рагьун буго. Хадуб гьесул надилъ автоматги тункизабун гьикъун буго мун щиван. ХIинкъиялъ жив щиваби бицине кIоларого хутIун вуго гьев цин, хадуб бабадилаго абун буго жив шашлыкIал гьарулев чи вугин. Хадур гьаз гIагIадилаго абун буго-Вилъа Москваялде, гьенир режилин дуца шашлыкIал,-ян.

Гьелдаса хадуб хIинкъиялъ унти ккарав гьев чи азарханаялде щвезавизе ккана, херав чи гьев гьечIониги».

Татьянаца Эркенлъи Радиоялъе бицана МуртазгIалиевасул рокъоб чIухьбазе рачIун рукIаразул хIакъалъулъги.

Мергинова Татьяна: «Дун йикIана МахIачхъалаялда Сайгидил рокъоб чIухьтIамулеб мехалда. Гьенир рукIана цIех-рех гьабулел гIолилал, Москваялдаса рукIун ратилин ккола. Цо гьез жидерго хIалтIи гьабулеб букIараб куцги, нижер гьабулеб букIараб адабги бихьун (дунги, росги, цадахъ гьитIинаб лъимерги рукIана нижер) гьезие баркалацин кьуна нижеца. Амма букIана гьениб цоги къапилаги. Маскабиги хун: «Нуж щал, нуж дагъистаниялищ? Нижер Россиялда...»-ян абун жал рицине. Дицаги абунаха Дагъистанги Россияги цо улка бугин.

Цо маска хурас абулеб букIана дида жив вугин Брянскалдаса, дуда лъалищин доба гIадамаз гIумру гьабун бугеб куцин. Дицаги абуна цIакъ ликI лъалин, Рублевкаялда ругез гIумру гьабулеб куцги лъалин. Олимпиадаялъул чемпионасул щайин лъикIаб рукъги къайги букIине бегьуларебин, гьеб гьес цохIо жинцаго данде гьабураб магIишат бугин».

Официалиял баяназда рекъон, Сайгид МартазагIалиевасул рокъоб батун гьечIо щибниги къануналде данде кколареб жо.

Мергинова Татьяна: «Гьез Сайгидил рокъоб гIарац балагьулеб букIун батизе буго. Цадахъ бачIун бугоан чIегIерал къучIбузул гури. Гьезда абуни гьениб щибниги батичIо. Анаха гьез гьениса телефоналги, лъималазул копьютералги. Дица абулеб букIана гьебгIаги нужее щибизейин. ЦIех-рехчияс абуна жидеца халги гьабун гьел тIадруссинарилин».

Гьей йикIана Дагъистаналъул Пенсиялъул Фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевасул якьад Мергинова Татьяна хас гьабун Эркенлъи Радиоялъе.

XS
SM
MD
LG