МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса экс-депутатасе 16 сон кьуна


Дагъистаналъул Халкъияв Мажлисалъул вукIарав депутат МухIамад МухIамадовасе хIукму къотIана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъ. Гьесие кьуна 16 сон. Гьесде гIунтIизабулеб букIана терроралъулаб къукъа гIуцIиялъул гIайиб. МухIамад МухIамадовасул эмен АхIмад МухIамадов рази гьечIо васасе диваналъ къотIараб хIукмуялда.

МухIамад МухIамадовасда цадахъ гьединго туснахъул хIукму къотIун буго Казбек мухъалъул Дубки росдал депутатазул мажлисалъул вукIарав нухмалъулев Сиражудин Абакаровасеги, полициялъул хIалтIухъан МухIамад ХIажиевасеги.

Гьезие кьун буго анлъ-анлъ сон туснахъалъул. Гьел кIиялго кколин МухIамад МухIамадовас гIуцIун букIараб терроралъул къукъаялъул гIахьалчагIиян абулеб буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ. Жеги анкьгоги гьединал гIахьалчагIи ралагьулел руго.

Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ МухIамад МухIамадовасе къотIараб хIукмуялда тIасан жиндирго рази гьечIолъи загьир гьабуна гьесул адвокат Мурад МухIамадовас.

Амма мухIканаб баян «Эркенлъи» радиоялъе кьезе гьев разилъичIо, гьабсагIат жиндир гьединаб рес гьечIилан бичIчIизабуна. Васасе къотIараб хIукмуялда рази гьечIо гьединго МухIамад МухIамадовасул эмен, АхIмад МухIамадовги.

МухIамадов АхIмад: «Я цониги гьес чIварав чи, я гьесухъ батарб ярагъ гьечIо, изнугьечIого яргъид гIуцIаразулгун гьудуллъиялдаги гьев вукIинчIо. Гьес такъсирчагIазул къукъа гIуцIун букIанилан. КIиго вацгIал вуго гьесул, цояв Москваялда, цогидав МахIачхъалаялда ругел чагIи, цониги нухалъ гьел дандчIван гьечIо. ГIагарал чагIаздаса гIуцIулеб жойиш букIунеб такъсирчагIазул къукъа?

Жакъа зал цIурал чагIи рукIана диван гьабулеб рокъор. Цониги нугI вукIинчIо дир васасде тIасан баянал кьурал, цониги далил бачинчIо гьез. Гьединаб диванги, гьеб гьабулеб диванчагIи ругел мехалъ тIокIаб щибиланха абилеб. 16 сон! Чи чIварав чиясецин кьолиш гьедигIан гIемерал сонал? КIалалъ абун тIубалиш, чIезабизе кколаребиш гьас гьабги, гьабги, гьабги такъсир гьабунилан?».

Дагъисатналъу ТIадегIанаб диваналъ къотIараб хIукмуялда тIаса гIарза хъван буго гьесги, адвокат Мурад МухIамадовасги Россиялъул ТIадегIанаб диваналде

2011 соналъул декабралда МухIамад МухIамадовас гIуцIун букIараб такъсирчагIазул къукъаялде гъорлъе унел рукIан руго 11 чи. Аслияб куцалда гьел кколин МухIамадовасул гIагарал чагIиги тIадехун бицен гьабурал Сиражудин Абакаровги, МухIамад ХIажиевги, ва «Витас» банкалъул МахIачхъалаялда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мурад ГъазиахIмадовгиян хъвалеб буго Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ кьураб баяналда.

МухIамад МухIамадовас гIуцIараб терроралъул къукъаялъ гIахьалчагIазул бухьен букIанин, Генуб росдал такъсирчагIазул къукъаялгун хъвалеб буго гьеб баяналда. 2013 соналъул марталда Семендералда хасаб операция унеб заманалда дол тIадехун бицен гьабулел Сиражудин Абакаровасги МухIамад ХIажиевасги гьелдаса рази гьечIолъи загьир гьабун МахIачхъалаялда гъалмагъир гьабун букIана. Гьеб хасаб операциялъул заманалда тIагIинавун вукIана Генуб росдал терроралъул къукъаялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажидадаевги

МухIамад МухIамадов ккун вукIана 27 июналда, битIахъего Халкъияб Мажлисалъул иргадулаб данделъи унеб заманалда. Гьебго къоялъ депутатаз рахъккуна гьев Халкъияб Мажлисалъул депутатасул ихтияраздаса махIрум гьавизе къотIараб хIукмуялъулги.

МухIамад МухIамадов ккола Хунзахъ мухъалъул ГIободаса. Гьединго гьев ккола «Шималияб Кавказалъул курортал» абураб гIуцIиялъул вукIарав нухмалъулев, Пачалихъияб Думаялъул экс-дупутат, АхIамад Билаловасул вацгIалги. Халкъияб Мажлисалде гьев вищун вукIана «Единая Россия» партиялдаса, парламенталда гьев вукIана жамгIиялгун миллиял суалазул ва гьединго диналъул ишазул рахъалъ комитеталъул вакиллъун.

XS
SM
MD
LG