МагъчIваялъе рес

"Исламияб пачалихъалде" гьужумал гьарун руго


Сириялъул Абу-Кемаль шагьаралда халкъаздагьоркьосеб коалициялъ гьабураб гьавадул гьужумалъул хIасилалда «Исламияб пачалихъалъул» кIиго стратегикияб позиция биххизабун буго. Гьадин лъазабуна КIудияб Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ. Гьеб информация дурус гьабуна Пентагоналъги. «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназ Абу Кемаль шагьар бахъана 2014 соналда.

XS
SM
MD
LG