МагъчIваялъе рес

"Черновик" газетаялъул редакциялда - Виноградовасул рахъкколезул пресс-конференция


Press-conference in office of "Chernovik" with Vinogradov`s case on agenda
Press-conference in office of "Chernovik" with Vinogradov`s case on agenda

МуртазгIалиевасул ва Виноградовасул чагIазда 100 азарго чи гIахьаллъараб митинг тIобитIизе ракIалда буго.

Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовасул ва Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевасул рахъкколез 30 июлалда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда лъазабуна гьезда сверун къуваталъул идарабаз хIалтIи байбихьи бугила сиясатияб заказилан.

Сентябралда Дагъистаналда тIоритIизе ругел муниципалиял рищиязда МуртазгIалиевасул къокъаялъ гIахьаллъи гьабичIого букIине ургъунго гьезда цебе багъаризабунила хасал идарабаз гьезда сверун ахIи-хIурилан рикIкIунеб буго гьез.

Гьединго пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз лъазабуна гIагараб заманалда МуртазгIалиевасдаса ва Виноградовасдаса низамцIунулез киналго гIайибал рахъичIони, жидеца 100 азарго ялдаса цIикIкIун чи вакIарараб митинг тIобитIизе бугин МахIачхъалаялдайилан.

Хамиз къоялъ «Черновик» газеталъул редакциялда Андрей Виноградовасул ва Сайгид МуртазгIалиевасул рахъкколез тIобитIана пресс-конференция.

Гьеб тадбир гIуцIараз лъазабуна къуваталъул идарабаз кьучI гьечIого Виноградовасул МуртазгIалиевасул рахIатхвезабулеб букIиналдаса разигьечIого ругила Гъизляр мухъалъул гIадамал, халкъалъ тIалаб гьабулеб бугила гьезда сверун тIоритIулел ругел киналгIаги хасал тадбирал лъугIизе тейилан, гьезул тIалабал тIолго республикаялда рагIизаризе рукIине, гьез вакил гьарун рачIун ругила жал гьанирейилан.

Гъизляр мухъалъул администрациялъул жамгIияб шураялъул нухмалъулев АхIмадпаша ГIамирилаевас пресс-конференциялда лъабазуна МуртазгIалиевасда ва Виноградоасда сверун къуваталъул идарабаз хIалтIи хасал чагIазул заказалда рекъон гьабулеб бугилан.

АхIамадпаша ГIамирилаев: «Гьеб кинабго буго Сайгид МуртазгIалиев квешаб рахъалъ вихьизавизе, сентябралъ Дагъистаналда тIоритIизе ругел рищиязда гьесие ва гьесул гIадамазе квалквалал гьаризе, хасал чагIаз кьураб сиясатияб заказ. КватIичIого рукIине ругел гьел рищияз Дагъистаналда сиясатияб къуват кинаб къокъаялъухъе щвезе бугебали бихьизабизе буго, гьединлъидал гьеб буго кутакалда республикаялъе кIвар бугеб лъугьа-бахъин.

Къуваталъул идарабазул МуртазгIалиевасеги Виноградовасеги кьезе суалал рукIун ратани гьанжелъагIан щайха гьел чIун рукIарал. Рищиял байбихьизе моцIгун бащадаб хутIараб мехалда ригьун руго гьел. Гьеб кинабго иш рихьдаего ургъунго гьабулеб иш буго. Гьедин гуреб батани лъабго соналъ щайха чIун рукIарал гьанже Виноградовасде данде баянал кьолел ругел туснахъалда вугев ШагIбанов ва Пахрудинов.

Гьес жидее гIарац кьолеб букIанила, гьес тIамунила жал чIвай-хъвей гьабизейилан руго гьел гаргалел. Лъабго соналдасан рекIеде рачIун рихьуларищ гьал, яги цо-цо чагIазе къваригIараб мехалда рекIеде рачIинарунха гьел. Щиб тIадецуйги гьабундай гьел гьерсал рицине тIамурал.

Сон диваналде Андрей Виноградов вачун вачIана нахъеххун кьурун квералгун, тенкезеги гьавулаго, гьев цо кутакав такъсирчи вугев гIадин. Радуев вихьун вукIана дида гьедин вачун вачIунев.

Виноградов вуго жиндир адабги гьабулев, 70 азарго гъизляралъулав нахъа вугев, бажари бугев нухмалъулев. Бищунго квеш бихьараб жо буго нижеда къанун ва гIадамал цIунизе кколел хасал идараби, лъица-лъицаги ургъарал чорокал сиясатиял хIаязул гIахьалчагIилъун ва гьез малъараб гьабулел чагIилъун рукIин».

Гьединго ГIамирилаевас лъазабулеб буго жидер бищунго ццин бахъун бугила МуртазгIалиев ва Виногрдов гьез терроралъулал гIуцIабазе кумек гьабулеб букIанин абун тамихIалде цIазехъин рукIиналъ.

АхIмадпаша ГIамирилаев: «Ахирал саназда жаниб Гъизляр мухъалдаса экстремизмалда хурхен бугев 159 чи туснахъ гьавун вуго, гьезда гьоркьоса лъабгояв терроризмалъе гIоло жанив тIамун вуго. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи бугев 95 чи хасаб сияхIалде восун вуго, бичIчIикьеялъул хIалтIиги гьабун гьеб сияхIалдаса 112 чи нахъе вахъун вуго. 2009 соналдаса бахъараб 2014 соналде щвезегIан Гъизляр мухъалда чIван вуго 72 изну гьечIого яргъидгIуцIарав.

Гьедин къуваталъул идарабазда цадахъ гьел экстремистазде данде къеркьелел рукIарал гьезде жакъа террористазе кумек гьабулеб букIанин абун гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьелдаса гIантаб жо дида рагIичIо. МуртазгIалиевасдеги Виногрдовасдеги некIого ишан босун буго гьел рохьилаз, амма гьез жидерго къеркьей гьоркьоб къотIизе толеб гьечIо. Гьезухъ ярагъ букIанила, рокъоб ярагъ батун бугин абун гьадингоял жал рицунел руго низам цIунулез.

Гьединаб гIумруялъе хIинкъицIикIкIараб хIалалда ругел гьел жалго цIунизе ярагъги босичIого дугъалги росунищха рукIине кколел рукIарал?».

Гьеб тадбиралъулъ гIахьаллъи гьабурай Виноградовазул хъизаналъул гьудул адвокат ТIавус МухIарамовалъ журналистазе баян гьабуна МуртазгIалиевасда ва Виноградовасда сверун къуваталъул идарабаз хIалтIи къанун хвезабун тIобитIанин абизе бегьуларила, амма гьезул хъачIлъиялъул гIорхъи-зани гьечIилан.

ТIавус МухIарамова: «Дида бичIчIуларо щай гьев Виноградов кколев мехалдаги, диваналда гьесие хIукму къотIулеб мехалдаги гьев инжит гьавулеб хIалалъ хIалтIулел рукIарал низам цIунулел. Гьесда жеги щибниги гIайиб чIезабун гьечIо, гьев вуго хIукуматалъул хъулухъалда вугев чи.

Гьеб басманный диваналда гьедин инжит гьавун цониги хIакимчи вачун вихьичIо дида. Миллиардал рикъарав Южносахалинскалъул мэрги цойгидалги гьенире эхеде борхун бетIергун чIухIадго рачIуна. Андрей Виноградов гIадин кIичIван къулизеги гьавун, нахъе кьурун квералгун цохIо гIумруялъ туснахъ гьаризе хIукму къотIарал чагIи гурони рачIунаро диваналде.

Гьасухъ балагьун Бенладден вачун вачIпне вугин ккелаан. Кинав такъсирчи вукIаниги низам цIунулезул ихтияр гьечIо гьев инжит гьавизе. Нижеца гьеб киналдаго тIасан гIарзаги хъвазе буго прокуратураялде».

Гьединго пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз лъазабуна Сайгид МуртазгIалиев вахчун батIияб хIукуматалда вугин абиги гьеб гьереси бугилан. Бохалъе операцияги гьабун, гьеб сахлъизегIан Германиялда вугила гьев, Россиялде вачIинеги гьев хIинкъун гьечIила, сахлъиялъул иш дагьаб рукIалиде ккарабго тIад вуссун вачIине вугин гьевилан.

Гьединго гьез лъазабуна интернеталда тIибитIун букIараб МуртазгIалиевасда сверун хасал идарабаз багъа-бачари Рамзан Къадиров гIодове виччазавизе гьабураб жо бугин абиги мекъи бугилан. Къадировги МуртазгIалиевги гьудулзаби рукIин гурони, гьеб ишалъулги Чачаназул бетIерасулги кинабгIаги хурхен гьечIин рикIкIунеб буго гьез.

Ахиралдаги гьеб тадбир гIуцIараз лъазабуна гIагараб заманалда къуваталъул идарабаз Сайгид МуртазгIалиев ва Андрей Виноградов жалго течIони жидеца МахIачхъалаялда 100 азаргоялдаса цIикIкIун чи вакIарараб митинг тIобитIизе бугилан.

XS
SM
MD
LG