МагъчIваялъе рес

Сейф-уль-Ислам чIвазе къотIи гьабуна диваналъ


Ливиялъул тIаса рехун чIварав цевехъан МугIаммар Каддафиль вас Сейф уль-Ислам чIвазе къотIи гьабун буго талат къоялъ Триполиялъул диваналъ. Амма живго Сейфуль Исламица 2001 соналда Ливиялдаса лъутун, Зинтаналда чIей гьабулеб буго.

Гьев кьовид гьавун вугоан гьанжесеб Ливиялъул хIукуматалде данде чIараб цо къукъаялъ. Сейф уль-Ислам гIайибиявлъун рикIкIана ункъго соналъ цебе гьесул инсуде данде рагъарарал протесталъул акциязул гIахьалчагIазе зулму гьабиялда бан.

Диваналъ гьединго къотIи гьабун буго Каддафил хасаб цIех-рехалъул хъулухъалъул бетIер Габдулла Санусси ва вукIарав премьер-министр Багъдади аль-МахIмуди речIчIун чIвазе.

XS
SM
MD
LG