МагъчIваялъе рес

Къуватгун терроралде данде…


Дагъистаналдаса «рохьилазул» цояб къукъаялъул цевехъанлъун тун вуго Сириялда унеб рагъда гIахьаллъарав генусев. Экспертазул пикрабазда рекъон, гьединал церехъаби гIемерлъизе руго ва хIукуматалда бичIчIизе ккола, щай гIолилал «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул кьеразда гъорлъ льугьунел ругелали.

«Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул агитаторазе бигьаго бугин гIолилал радикалияб къукъаялде ккезариязеян абуна гьал къоязда ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул федералияб хасаб хъулухъалъул директор Александр Бортниковас. Амма ФСБялъул нухмалъулес мухIканлъизабичIо, щай ва сундуе гIоло гIолилал экстремисталлъун рахъунел ругелали.

Исламияб жамгIияталъул хIакъалъулъ макъалаби хъвалев журналист Айдер Муждабаевас абухъе, гIолилал гьенир аялъул кIиго гIилла буго. «Аслияб гIилла - социалияб. КIиабилеб гIилла - идеология. ГIолилазе ритIухълъи батулеб буго диналъулъ. Гьезда бихьулеб буго социалиял ва пачалихъалъул институтал хIалтIулел гьечIеблъи, низам цIунулезул хIалтIи бихьулеб буго гьезда. Гьелдалъун цо-цо гIолилазда ритIухълъи радикалияб исламалда батулеб буго. Шималияб Кавказалда жакъа къоялда парахатаб хIал бугин абизе бегьула, амма гьеб хIал цIунун буго гIицIго къуваталъ», - илан абун букIана Муждабаевас «Эркенлъиялъе».

Амма, диниял къукъабазда тIаса цIех-рехал гьарулев гIалимчи ва психотерапевт Антон Крамилиница абухъе, социалиябгун-идеологиялъул рахъаздаса гуребги, психологияб рахъалдасаги кIкIвар кьезе кколаан масъалаялъе.

Щайха цо-цо гIолилазе рекIее гIолеб бугеб «Исламияб пачалихъ»? «ГуцIиялъул пропаганда гьабулез гIолилазул суалазе жавабал кьолел руго. Ригьалде рахунаго гIадамазул рукIунаан суалал: дун щив, щибизе дун, сундуе гIоло вижарав. Диналда гъорлъ ругел гIолилазул рукIунаан гIемерисала гьединал суалал. Экстремистазул агитатораз интернеталдаса чIванкъотIарал жавабал кьолел руго. Диналъул тIалабал тIурай ва ритIухълъи чIезаби - гьединал мурадал рукIине кколин щивасулян бичIчIизабулеб буго гьез», - илан абуна Крамилиница.

Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялъул офисалъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца абухъе, низам цIунулез ва хIукуматалъ хIисабалде росизе кколаан киналго гIиллаби. «Данделъабазда абулаан гIицIго къуваталъул нухалъ хIасилал кьоларин, амма гьел методал гурого цогидал механизмал хIалтIизарулел гьечIо», - ян абуна эксперталъ.

Гьелъ ракIалде щвезабуна Дагъистаналда хIалтIулеб букIараб адаптациялъул комиссия. «Республикаялда гьеб комиссия хIалтIулеб бугин абулаан, амма кин хIалтIулеб бугебали лъалеб гьечIо. Ингушетиялда, мисалалъе, комиссия рагьунго хIалтIулеб буго. Гьеб республикаялда ахIвал-хIал парахалъана щай? Щайгурелъул нухмалъиялъ экстремизм тIагIинабиялъе батIи-батIиял ресурсал хIалтIизаруна. Мисалалъе, полициялъул тIаса ккараб хIалтIи тIагIинабизе хIаракат бахъана, диниял конфликтал рагъулазде сверизе риччачIо ва гьеб конфликталда гIахьаллъулезул рахъ кквечIо хIукуматалъ», - ян бичIчIизабуна Локшинаца.

Гьелъ абухъе гIагараб заманалда хасал операциял цIикIкIине бегьула Шималияб Кавказалда ва хIинкъи буго гьел вахIшиял операцияздаса тIоцебе зарал гIадатиял гIадамазе букIинин. Журналист Орхан Джемалил рагIабазда рекъон, ахIвал-хIал хIалуцине буго, амма гьелъие гIиллалъун цохIо «рохьилазул» ишал рукIине гьечIо – хIукуматалъул политикаялъ гIадатиял гIадамал хисулел руго, радикалияллъун гьарулел руго гьел.

Гьал къоязда лъана «мугIрузул секторин» абулеб Дагъистаналдаса «рохьилазул» къукъаялъул нухмалъулевлъун Генуса МухIамад Абу-Дуджан таравлъи. Сириялда унеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъаравлъун рикIкIуаан гьев. Экспертаз абухъе, гьединал церехъаби гIемерлъизе руго.

ЖамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевасул пикруялда рекъон, Сириялде рагъде арал дагъистаниял тIадруссиналъул масъалаялъе чара гьечIого кIкIвар кьезе кколаан.

Сулейман Уладиев: «Азарго-кIиазарго чи дораги рукIун гьел нахъе рачIани, хIукуматалъ гьеб суал тIубазе ккела. Яги гьел туснахъалда лъезе ккола, яги гьезие цогидаб тамихI гьабизе ккелаха. Цо жо буго гьел чагIи гIадатияб ракълилаб гIумруялде тIадруссин. Амма рагъизе нахъруссун ратани, гьединаб ишалъ ахIвал-хIал хIалуцинабила гьез».

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ кколел «рохьилал» жакъа къоялда Шималияб Кавказалда рукIин бичIчIулеб буго киназдаго. Амма гьел «рохьилазул» къадар гьедигIанго кIудияб гьечIо ва гIуцIиялъул цIаралдалъун гьарурал такъсиралги жеги рукIинчIо. Гьанжего-гьанже Шималияб Кавказалда байбихьараб «Исламияб пачалихъалъул» гьеб багъа-бачари чIезабизе рес бугин, рикIкIунеб буго экспертаз. Амма жамгIияв хIарактчи Максим Шевченкоца «Новое дело» газеталъе абухъе, Россиялда терроралде данде къеркьей сверун буго бюджет бикьиялда. Гьедин гурони хIалтIизе лъаларел низам цIунулел рукIаго, «Исламияб пачалихъалъул» факторги хIисабалде босун, Шималияб Кавказалъул букIинесеб чIегIерал кьераздалъун бихьулеб бугин жиндаилан абуна жамгIиятчияс.

«Исламияб пачалихъалъул» пропагандаялъе дандечIезеян Шималияб Кавказалда программаби ургъулел руго. Гьединаб программаязул цояб тIатинабуна Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда Россиялъул президентасул вакиллъиялда тIобитIараб данделъиялда. Гьелда рекъон, мисалалъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул ругел квешалщинал рахъазул медиа-алатаздаса бицине ккола гIолилазул кумираз, гIолилаз авторитеталлъун рикIкIунел чагIаз. Гьединго информалатаздаса гIемер бицине кколаан Сириялда экстремистазе тIоритIине кIвечIел операциязул, гьезул рагъул къеязул, гьезул квешалщинал рахъазул. Гьединал методаз кинал хIасилал кьезе ругелали программа ургъараз мухIкан гьабичIо.

XS
SM
MD
LG