МагъчIваялъе рес

Башар Асадица лъазабуна жив диалогалде хIадурав вугин


Сириялъул президент Башар Асадица лъазабуна, жив разияв вугин улкаялда гражданияб рагъалъе ахир лъезе рес кьолеб бокьараб политикияб диалогалдейин.

Телевидениялдаса кIалъалаго, Асад гьединго мукIурлъана яргъид гIуцIарал къуватазде данде къеркьолеб мехалда Сириялъул чанго провинциялъул контролалдаса махIрумлъун вукIиналда.

Президентас лъазабуна, пачалихъалъул армиялъул къуват гIолеб бугин халкъ цIуниялъейин, амма гIадамазул дефицит загьирлъулеб бугин. Гьелъие гIоло нухмалъиялъ рагъул къуватазде ахIизе кканин пачалихъалъул контролалда гъоркь ругел провинцияздаса централияб хIукумуталда божилъи загьир гьабулел гIадамалин.

Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул хIисабалда рекъон, гражданияб рагъ байбихьаралдаса нахъе Сириялъул рагъул къуватазул къадар 350 азарго чиясдаса дагьлъун буго 200 азарго чиясде щвезегIан.

Сириялъул ммиллияб армиялде гъорлъе рачIунел гIадамазул къадар цIикIкIинабиялъул хьулалгун Башар Асадица шамат къоялда лъазабуна амнистия рагъулаб хъалухъ тIубазабиялъул къанун хвезабурал гIолохъабазе.

XS
SM
MD
LG