МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказ – Россиялъул экономикияб рейтингалда


«РИА-Рейтинг» абулеб агентлъиялъ хIадур гьабуна жиндир иргадулаб щуабилеб цIех-рех, Россиялъул субъектазул экономикияб ахIвал-хIал бихьизабулеб.

«РИА-Рейтинг» абулеб агентлъиялъул сияхIалда тIоцересел бакIазда руго Москва, Санкт-Петербург, Ханты-Мансиязул автономияб икълим, Москва икълим ва Татарстан. Ахирисел бакIал кколел руго Тываялъ, ЖугьутIазул автономияб икълималъ, Алтай Республика, Калмыкиялъ, Гъалгъастаналъ, Гъарачайгун-Чергессиялъ, Шималияб Гьиристаналъ, Гъабардагун Балкариялъ, Адыгеялъ ва Чачан республикаялъ. Дагъистаналъ гьеб сияхIалда кколеб буго 55 бакI.

«РИА-Рейтинг» абулеб агентлъиялъ гIадахъ босун буго гIемерал гIиллаби – щай гьаб ялъуни доб субъект араб соналъул рейтингалде данде ккун тIаде, яги гъоркье ун бугебали лъазаби мурадалда.

Мисалалъе босани 2014 соналъул рейтингалда ахирисеб анцIилабалда букIараб Чукотка икълим гьанже тIаде ана сияхIалда. Гьедин ккун буго регионалда месед бати цIикIкIинабун букIиналъ. ГIаммаб къадаралда рейтингалда буго 83 субъект.

Рейтинг гIуцIун бугоан Россиялъул статистикалъул идараялъул, Финансабазул министерлъиялъул ва Федералияб хазинаялъул рихьизариязда бан. Гьел киналго рихьизариял рехсарал идарабазул официалиял сайтазда загьирарун руго.

ЦебетIеялъул лидераллъун рихьизарун руго лъабго регион: микьго позициялъ жиндирго ахIвал-хIал лъикIлъизабуна Саха-Якъутиялъ, Рязань икълималъ ва Тамбов икълималъ.

Жеги лъабго регионалъ жиндирго ахIвал-хIал лъикIлъизабуна анлъго позициялъ. Гьел ккола Сахалин икълим, Тула икълим ва Пенза икълим. Рейтингалда тIаде ана жеги 29 регион. 15 регион хутIана араб соналда жидеца ккун рукIарал бакIаздаго.

Рейтингалда гIодобе аразда гъорлъ руго микьго позиция камурал Астрахань ва Амур икълимал, гьединго анкьго позиция камураб Удмуртия, анлъго позиция камураб Мурманск икълим, ва щуго позиция камурал Архангельск икълим, Ростов икълим, ва Бурятия.

Шималияб Кавказалъул республикабазул бицани, экономикияб ахIвал-хIал лъикIлъун буго масала Гъалгъастаналда. Амма гьеб рьеб республикаялъ 79 бакI кколеб буго. Гьединго тIаде ана Гъабардагун-Балкария ва Шималияб Гьиристан тIаде цо позиция ккун. Адегыялъул ва Гъарачайгун Чергессиялъулийн бицани – гъоркьиял бакIал ккуна гьел республикабаз араб соналде данде ккун.

СияхIалда 55 бакI ккураб Дагъистаналъул экономикияб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьалкъояз бицен гьабулаго, республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница журналистазде абуна, бищун кIвар цIикIкIараб сфералъун кколин росдал магIишаталъул сфера.

Гьеб рахъалъан Дагъистан тIоцебесеб бакI кколеб бугин. Гьединго приоритетлъун кколин рукъзал раялъул сфера.

Аммаила гьениб инвестораз кIудиял проблемаби гьарун руго - коммуникациял хIадур гьариялъул, инфраструктура гIуцIиялъул ва санитариял нормаби цIуниялъул рахъалъан, ва гьел киналго масъалаби кватIичIого тIуразаризе ккола, ян абуна ГIабдулатIиповас. Гурони, щибаб чIайхIияб мина байялъул балагьаб хIасил букIине рес бугин.

Гьес гьединго абуна, статистикаялда рекъон Дагъистан цониги рахъалъан тIоцебесеб бакIалде гьечIин, рехсараб росдал магIишаталъул рахъалъ гурони.

XS
SM
MD
LG