МагъчIваялъе рес

Талат къоялда хIалтIизе биччалеб буго ГьоцIалъ ГЭС


21 июлалда официалияб къагIидаялда хIалтIизе биччалеб буго ГоцIалъ ГЭС.

Гьелъул хIакъалъулъ «Кавказский узел» сайталъе лъазабун буго «Русгидро» абураб рагьараб акциязул жамгIияталъул нухмалъиялъ.

Гьелъул къувалъи кколеб рагIула 100 мегавват. Гьоркьохъеб къагIидаялда соналда жаниб ГЭСалъ бахъизе кколеб буго электроэнергиялъул 350 миллион киловват/сагIат.

XS
SM
MD
LG