МагъчIваялъе рес

Россиялда харжазул даража гIодобе кколеб буго, багьаби тIаде унел руго


Росстаталъул хIисабалда рекъон, 2015 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда жаниб россиялъулазул хIакъаб харжалъул даража дагьлъун буго 8.5 проценталъ. Гьелдаго цадахъ квен-тIеххалъул минималияб сияхIалъул багьа тIаде ун буго 14 проценталдасаги.

«Ведомости» газетаялъул хIисабалда, квен-тIехх биччалел фирмабаз гIамал гьабулеб буго бажарарабгIан багьаби рорхизаричIого тезе, учузаб тара хIалтIизабиялъул яги продуктазул учузал ингридиентал хIалтIизарун. Гьелъ кIвар буссинабулеб буго гьеб кинабго Россиялъул экономикаялда ругел захIмалъабазда ва продукциялдаса пайда босулезул ресал мукъсанлъулел рукIиналда хурхараб букIиналде.

Роспотребнадзоралъ лъазабулеб буго, продуктал Россиялъул тIалабазде данде кколеб бугони ва гьелда гьеб хъван бугони, протензияби гьезде гьечIо. Амма гьеб идараялъул вакилас кIвар буссинабулеб буго ахирисеб заманалда Россиялъул базаразда цIакъ гIемер гьересиял продуктал яги гьересиял ингридиентал хIалтIизарурал продуктал раккун рукIиналде.

XS
SM
MD
LG