МагъчIваялъе рес

Жазаиралда 9 аскарияв чIван вуго


Жазаиралъул яргъид гIуцIарал къуватазул вакилзабаз лъазабуна, радикалиял бусурбабаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда ичIго рагъулав хъулухъчи чIван вугин ва кIигояв лъукъанин.

Гьединго чIван вугин цо чанго тIадекIанцаравги.ТIаде кIанциялъул жавабчилъи тIад босун буго «Исламияб Магърибалъул улкабазда аль-КъагIида» абулеб гIуцIиялъ.

Гьелъул рагъухъабазул рагIабазда рекъон жидеца гъоркьчIей гьабунин Айн-Дефла абулеб вилаяталда. Жазаиралъул армиялъ гьеб мухъ жидерго контролалде гъоркье босун буго.

XS
SM
MD
LG