МагъчIваялъе рес

Загьирабун буго "Боинг" бортараб бакIалда бахъараб видео


Интернеталда News Corp Australia абулеб Австралиялъул сайталда загьирабун буго Донецк икълималда 2014 соналда бортараб Малайзиялъул «Боингалъул» хутIелал рихьизарулеб видео хъвай-хъвагIай. Гьелда рихьула катастрофа ккараб бакIалда хьвадулел сепаратистал. Гьез суратал рахъулаан.

РагIулеб буго сепаратистазул бетIерасул гьаракь. Гьес гьукъула суратал рахъизе. Австралиялъул КъватIисел ишазул министр Джулия Бишопица лъазабуна, тIадтаразул хиял бугин рехсараб видеоялъул мухIканаб цIех-рех гьабизе, гьеб уябищ-гьечIищали тIад чIезаби мурадалда.

XS
SM
MD
LG