МагъчIваялъе рес

Рамазаналъул чадир МахIачхъалаялда

Рамазан моцI лъугIизегIан МахIачхъалаялъул Джума-мажгиталъул рагьда рагьула Рамазаналъул чадир. Нижер мухбир Алдашева Алисаца ритIана гьел суратал.

Гьелда гьединго «Халкъияб чадир» абизеги бегьула, гьенибе гIадамаз нигIматал, чед, пихъ, лъим ва цогидаб бачIунеб букIиналъ, кIал биччалел гIадамазе кваназе. РукIкIаралдаса рогьалил как ахIизегIан сордойил азарго гIанасев чи вачIунев вуго гьениве. Рамазаналъул чадир гIуцIцIулеб буго «Инсан» абураб рахIмуялъул фондалъул хIалтIухъабаз ва волонтераз.

Цойги

XS
SM
MD
LG