МагъчIваялъе рес

Бишкекалда Исламияб пачалихъалъул гIахьалчагIи чIван вугин


Хъыргизстаналъул тахшагьар Бишкекалда хамиз къоялъ бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда полициялъулаз чIвана яргъид гIуцIарав ункъго чи. Низам цIунулезул шаклъи ккун буго гьел «Исламияб Пачалихъ» абулеб террористикияблъун рикIкIунеб багъа-бачариялъул гIахьалчагIи рукIиналда.

Кьвагьа-гIанхъи бахъана шагьар бакьулъ. Хъыргизстаналъул миллияб хIинкъи гьечIолъи цIунулеб Комитеталъул лъазабиялда рекъон гьеб букIанин терроризмалде данде бачунеб хасаб операциялъул хIасилалда ккараб хIужаилан.

XS
SM
MD
LG