МагъчIваялъе рес

Курортаз Шималияб Кавказалъул хаслъи хIисабалде босулеб гьечIо


Гъарачайгун-Чергессиялда бугеб Архыз абулеб бакIалда балеб курорталъул территория.
Гъарачайгун-Чергессиялда бугеб Архыз абулеб бакIалда балеб курорталъул территория.

Шималияб Кавказалда курортал рагьулаго бакIалъул гIадамазул пикруги, гIамал-хасиятги, рукIа-рахъинги хIисабалде босулищин нужецаян гьикъана Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровас гьел курортазул идараялъул вакилзабазда. Гьеб букIана Гъарачаялдагун Черкесиялда «Архыз» абураб форум тIобитIулеб мех.

Москваялде рачIунеб мехалда жидеда дора ругел гIадамаз абулин нуж нужерго гIадаталги рокъор тун рачIайин жидехъеян байбихьана Абакар Абакаровас. Гьединлъидал жидецаги абилин нужеда: нижер гьанир нижергоги ругин гIадатал. Гьелги 50 яги I00 соналъ цере гурел, тIубарал гIасрабаз цIунун, цоцахъе кьун щварал ругила.

Гьедин этнопсихологиял факторал абураб рахъалде кIвар кьезе кколин бицана Абакаровас ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда. Балагьараб мехалда, гьеб хIисабалде босулеб гьечIила курортал рагьулел идарабаз. Хасго Шималияб Кавказ бусурбаби гIемераб регион букIиналъулги сан гьабулеб гьечIила.

Масала, тIубараб тIоцебесеб къоялъ форумалда «лирика» наркотикалъулги гьакълилги бицун буго, къасийин абуни кванида цадахъ кьер-кьераб гIаракъиги чагъирги цогидабги лъунила цебе. Гьелъ тIутIал гIадин лъугьун, мехтун цо халкъги букIанила. Цинги кIиабилеб къоялъ форумалда Абакар Абакаровас курортал рагьулел идарабазул вакилзабазда цебе суал лъун буго.

Абакар Абакаров: «БакIалъул жамагIатазда, муфтиязда дандбалищ нужеца нужерго хIалтIиян гьикъана дица гьезда. Гьезул харбидасан бичIчIана дандбалеб гьчеIолъи. Цинги форумалда вукIарав жамгIияв хIаракатчи МухIамад Муцольговасги ракIалде щвезабуна къватIиса пачалихъалъул бокьараб отелалде щведал, Къилба бихьизабулеб алатгицин батулин.

Какикьжалги, Къуръаналгицин рукIунин. Гьединаб адаб бусурбабазул къватIиб пачалихъалда гьабулеб мехалда, цIикIкIанисеб халкъ бусурбабазул бугеб Шималияб Кавказалъул курортазда иш батIайисан батулеб буго. Гьадаб форум тIобитIулеб букIараб «Архыз» абураб комплексалда цониги гьечIо как балеб рукъ. Как базе ккани, хIалалъ добе-анибе цун къайи-цIагун бахъизе ккола как базе бакI. МахIачхъалаялда гьединал рукъзал щибаб кафеялда, рестораналда руго».

Шималияб Кавказалда курортал ралел чагIазул кIвар Дербенталда бугеб «Кырхляр» абураб хабзалаздеги буссинабун буго жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровас. Гьелъул хIакъалъулъги щибниги лъалеб батун гьечIо дозда. «Кырхляр» ккола МухIамад аварагасда цадахъ ислам-дин тIибитIизабулел рукIанин абулел асхIабзабазул 40 чи вукъараб хабзал. Гьедин абула тарихчагIаз.

Христианал Валаамалде унел гIадин, Шималияб Кавказалде рачIарал туристал, хасго бусурбаби, «Кырхляралдеги» ине бегьулин зияраталъин рикIкIунеб буго Абакаровас. Хасго гьабсагIаталда, Дербент шагьаралъ кIиазарго сон тIубай кIодо гьабизехъин ругеб мехалда, Дербенталда ругел гьединал бакIаздехун кIвар цIикIкIараб букIине бегьула.

Хасго 40 асхIаб цадахъго вукъараб бакIалдехун. «Гьа, гьединал бакIазде, нагагь жидеего бокьани, гьединги уна гIадамал», - ин жаваб кьун буго Шималияб Кавказалда курортал ралез.

Шималияб Кавказалда ругел курортазда хIухьбахъиялдасаги учузго чIолин къватIиса пачалихъазде хIухьбахъизе инеян бицуна дагъистанияз. Гьединлъидал Сочиялде, яги Россиялъул цогидал курорталде инегIан гьез тIаса бищула Туркияги, Египетги, Тайландги.

Гьединабго пикру буго цевехун рехсарав Абакар Абакаровасулги. Жал гIажаиблъизарунила «Архызалда» жидеца чIей гьабураб номералъул багьа 5 азарго гъурущ букIин. Чанго моцIалъ цеве Венециялда вукIанила жив, Сан-Марко абураб майданалда аскIоб бугеб «ункъо цIваялъул» отелалъул багьа букIанила 4 азарго гъурущ букIана. Эгеялъул ралъдал рагIалда Туркиялдаги отелазухъ гьебго багьа буго.

ТIад бугеб ретIел чуризе кьезе бакIгицин гьечIеб «Архызалдайин» абуни гьадабгунияб гIарац абулеб буго. Шималияб Кавказалъул курортазул идараялда кинаб бутIаялъгIагийин гьеб багьа-къадаралъул иш чIезабулебин гьикъидал, цебе ккараб куцалда, ракIалде кковухъе гьел чIезарулеблъи баянлъун буго форумалда рукIарал дагъистаниязе.

Шималияб Кавказалда курортал раялдалъун жидеца бакIалъул гIадамазе хIалтIи чIезабулин абураб пикру буго курортазул вакилзабазул.

Жибго гьеб форум жаниб тIобитIараб «Архыз» курорталдасан бакIалъул гIадамазе бугеб санагIалъи яги пайда щибин Абакар Абакаровас кьураб суалалъе курорталъул вакилзабаз жаваб кьун буго жидеца гьезие грантал рикьулин.

Амма гьелги мукъсаналго грантал ратанин бицана ЭР-лъе Абакаровас.

Абакар Абакаров: «Гьебгунияб заманалда гIицIго кIиго грант бергьун бугоан бакIалъул гIадамазе. Цояб – цо млн гъурщиде. Цогидаб – 500 азарго гъурщиде. Дида ккола ришватчагIи хIалтIун ругин гьениса-гIебедеян. Гьанир гIумру гьабулел гIадамазе нужеца кинал бигьалъаби чIезарун ругелин, масала, Архыз комплексалда жиндирго бизнес гьабизе бокьарав гьаниса чиясул ресал рицейин абуна дица. КиналгIаги ресал ратичIо гьезул».

Гьединаб бербалагьи хадубкунги букIине бугони, бакIалъул гIадамазда гьоркьоб разилъи гьечIолъиги цIикIкIун, иш хIалуцине бегьулин абураб пикру буго жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровасул.

XS
SM
MD
LG