МагъчIваялъе рес

«ТIалибаналъул» цевехъан диалогалъе квербакъула


Афгъанистаналъул «ТIалибаналъул» цевехъан мулла ГIумарица квербакъи загьирабуна хIукуматалъулгун кIалъа-басаял гьариялъе. Гьес абулеб буго диалогалъул мурад - улкаялъе гьабулеб оккупациялъе ахир лъей.

Жиндирго хитIабалда гьес дунялалъул киналго бусурбабазде ахIи балеб буго Афгъанистаналдаса къватIисел улкабазул аскариял нахъе рачине гIоло цолъе нуж, ян абун. Жинца бачунеб жигьад халат бахъине буго, ян рагIи кьуна гьес.

Исана 8 июлялда Пакистаналъул Мёрри шагьаралда тIоритIана Афгъанистаналъул хIукуматалъул ва ТIалибаналъул вакилзабазул тIоцересел официалиял кIалъа-басаял. Гьезул мурад – тIалибал ракълилаб гIумруялде тIад руссинари. (BBC)

XS
SM
MD
LG