МагъчIваялъе рес

Б.Нетаньягьуца какана Ираналъулгун гьабураб къотIи


ГIизраилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньягьуца лъазабуна, Ираналъул атомияб программалъул суалгун гьоркьоб Венаялда тIоритIарал кIалъа-басаязда гьабураб къотIи-къай - тарихияб гъалатI бугин.

Дагьалъ цебе Магърибалъул прессалъ лъазабуна, Ираналъ жиндирго гьеб хIалтIиялъе гIурхъи тIамизе бугин ва гьелъухъ жиндир иргаялда Магърибалъ санкциял тамахлъизаризе ругин.

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Федерика Моргеница абуна, рехсараб къотIи-къай бугин халатаб заманалда жаниб гьабулеб букIараб хIалтIул хIасилилан. Ва гьелъ дунялалъе хьул кьолеб бугин.

XS
SM
MD
LG