МагъчIваялъе рес

Шималияб Кавказалъул проблемаби: къватIисан бербалагьи


Кризисалъулаб къукъаялъул докладалда рехсон руго Шималияб Кавказалда ругел аслиял масъалаби.

Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал парахалъиялъе чара гьечIого кIкIвар кьезе ккола чанги масъалаялъе: тухумчилъигун ришватчилъи тIагIинаризе ккола, лъай-кьеялъул система лъикIлъизабизе ккола, бизнесалъе учузал кредитал цIикIкIинаризе ккола. Гьединал рекомендациял ратине бегьула Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къукъаялъул докладалда. Иргадулаб доклад къукъаялъ биччана Шималияб Кавказалъул социалиябгун-экономикияб рахъалда хурхараб.

Гьениб хъван буго Шималияб Кавказалъул республикабазул экономика тIубанго федералияб бюджеталда бараблъун кколин. «Социалиял шартIал чIезариялъе унаан республикабазул бюджет. ХIалтIул бакIал бищун гIемер руго пачалихъиял идарабазда ва хIалтIи гьечIолъиялъул рахъалдаса регионаз тIоцересел бакIал ккола Россиялда.

Индустриалияб цебетIей регионазда гьечIо ва терроргун экстремизм сабаблъун республикабазул экономикаги цебетIолеб гьечIо. Инвестицияби рачине кколин гьел регионаздаян абула, амма инвесторал хIинкъун руго тухумчилъигун коррупциялъ ккурал республикабазе гIарац биччазе», - ян хъван буго докладалда.

Докладалъул цояй автор Екатерина Сокирянскаялъ абухъе, гьединго инвесторазда лъалаан хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалдаса кинаб ахIвал-хIал бугебали Шималияб Кавказалда. «Инвесторазда, мисалалъе, Дагъистаналда «рохьилаз» флешкаби ритIун бизнесменазухъа гIарац бахъулеблъи лъалаан. Гьединал хIужжаби дагьлъулел руго, амма тIуранго гьел тIагIинчIо», - ян абуна эксперталъ.

Доклад гьабурал экспертаз абулеб буго, ахирисел соназда Кремлалъ жанубиял республикабазул экономикаялде риччан рукIанин лъикIал инвестициял, амма биччараб гIарац бикъулеб батанин, гьабулеб хIалтIиги бихьичIин. Гьелдалъун федералиял хасал программабазе бихьизабураб гIарац къотIана цо-цо регионазе.

«Россиялда ккараб экономикияб кризисалдаса ва санкциябаздаса пайда босизе рес буго Кавказалъул регионазе. Росдал магIишат цебетIеялъе инвестициял щвела республикабазе. Жалго гIадамалги хIадур руго хIалтIизе ва балъгояб экономикаялдаса гъорлъан нахъ лъугьизе. Амма гIурал шартIал гьезие чIезарулел гьечIо. Росдал магIишаталъул цебетIей чIезабулеб буго ракьазул масъалаби тIурангьечIолъиялъ, нигIматал риччизе инфраструктура гьечIолъиялъ ва кредитал кьеялъул системаялдаса пайдгьечIолъи букIиналъ», - илан лъазабулеб буго доклад гьабураз.

СахлъицIуниялъул масъалабиги рорхун руго докладалда. Техникаялъул рахъалъан медицина Шималияб Кавказалда цебетIолеб бугин рикIкIунеб буго экспертаз, амма, гьезул пикруялда рекъон, азарханабазда чара гьечIого къваригIун руго махщел бугел тохтурал. «СахлъицIуниялъул аслияб масъалалъун Кавказалъул республикабазда ккола кадровияб суал. Вузаз къватIире риччалел руго гIаммаб къагIидаялъ щибго лъай гьечIел тохтурал. Кин студентал цIалулел ругелали киназдаго лъалеб буго - ришватал кьун цIалулел руго.

ХIалтIизеги гьел лъугьунел руго ришватал кьун. ГIадамазул рагIабазда рекъон, гьезда дандчIвалел руго цо-цо мехалда шприц кодоб кин кквезе лъаларел тохтурал», - ян бицана «Эркенлъиялъе» доклад хIадур гьабурай цогидай эксперт Варвара Пахоменкоца. Гьелъ гьединго тIаде жубана пачалихъиял азараханабаздаги ришватчилъи цIакъ тIибитIун бугин.

Школабазда диниял дарсал кьеялъул суалги борхун буго докладалда. Автораз хъвавухъе, мисалалъе, Чечняялда ва Ингушетиялда школабазда дуниялалда ругел диназул бицунеб гьечIо дарсазда, гIицIго исламалъул бицунеб буго. Амма Дагъистаналда ва Ставрополалда цIалдохъаби дарсазда риччалел гьечIо хIижабги ретIун школалде рачIани. Гьелдалъул ригьалде рахарал ясал школалде риччалел гьечIо цо-цо улбуз. Гьеб кIиябго масъалаялда тIад хIалтIизе кколин хIукуматилан хъван буго докладалда.

Докладалъул автораз рикIкIунеб буго оперативияб ахIвал-хIал жакъа къоялда парахатаб букIаниги бачIунеб заманалда гьеб хIалуцине бугин. «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къукъаби раккана Шималияб Кавказалда, гьелдалъун терроралъул такъсирал цIилъизе бегьулаян абуна эксперт Пахоменкоца.

Варвара Пахоменко: «ХIинкъаби цIикIкIине бегьула. Щайгурелъул цIикIкIине буго «рохьилазе» щолеб финансирование, гьединго «рохьилазул» кьеразда раккине бегьула цогидал улкабаздаса экстремистал. Россиялда халкъазда гьоркьосеб экстремизм бачIана, хIукуматалда гьеб бичIчIулеб буго. Амма терроргун экстремизмалде дандекъеркьеялъе хIукуматалъ щаялиго гIицIго къуваталъул нух тIаса бищана. Гьаб масъала тIубаялъе Шималияб Кавказалда батIиял нухал ратизе заман щвана».

Пахоменкоца абухъе, доклад Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къукъаялъ битIана пачалихъиял батIи-батIиял идарабазде. «Хьул буго, докладалда рехсараб информациялъе букIине кколеб къимат кьелин хIакимаз», - илан абуна эксперталъ.

XS
SM
MD
LG