ГIадатияб цIатариялъул бакIалда электроэнергия хIалтIизабулеб аэропланалъул хIалбихьи гьабуна рузман къоялда «Эйрбас» компаниялъ. Гьелъ бахана Британиялдаги Франциялдаги гьоркьоб бугеб Ла-Манш. Чанго сагIаталъ цебе Ла-манш бахун букIана гьединабго тайпаялъул аэропланалда Франциялъул пилотасги. Пилотасул рагIабазда 52 километралъул манзил гьес нахъ тун буго I50 километр/сагIат хехлъиялда.