МагъчIваялъе рес

Абусупьян Хархаровасде хурхун унеб буго цIех-рехх


Дагъистаналъул вукIарав вице-премьер, гьединго МахIачхъалаялъул дармил порталъул вукIарав нухмалъулев Абусупьян Хархаровасда тIад кватIичIого диваналъул процесс байбихьизе бугилан абураб баян кьуна, Шималияб Кавказалда бугеб Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул бутIаялъ. Хархаровасде гIайиб гIунтIизабулеб буго МахIачхъалаялъул порталъул нухмалъулевлъун вукIаго гьес лъабго гама бикъун бугилан абураб гIайиб.

Абусупьян Хархаровасда цадахъ гьединго гIайиб гIунтIизабулеб буго гьев хисулеллъун рукIарал Трифонова Ноннадеги, Эрцалов МухIамадидеги, Дагъистаналъул ракьазул ва мал-мулкалъул министр хисулевлъун хIалтIулев вукIарав ГIалиев Феликсидеги, гьединго бизнесчагIи ГIашурбек Амировасдеги ва Рызоглазов Игоридеги. ЦIех-рехалъ чIезабухъе 2006-2007 соназда Хархаровас тIадехун бицен гьабулел гIадамалги рекъезарун, къанунияб гуреб аукционги тIобитIун бикъун буго лъабго гама. Гьел ккола «Дагъистан», «ГIали ГIалиев» ва «Кама» абурал гуми. Гьелъул хIасилалда респбуликаялъул бюджеталъе 218 миллион гъурщил зарал гьабун бугин абулеб буго цIех-рехчагIазул баяналда.

Гьеб гуребги Абусупьян Хархаровасги ва гьев хисулел Трифонова Ноннацаги, Эрцалов МухIамадицаги 2006-2009 соназда бикъун бугин МахIачхъалаялъул дармил порталде кредиталъе бачIун букIараб 300 миллион гъурущгиян тIаде жубалеб буго гьениб. ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъул кIудияв Владимир Маркиница абулеб буго гьеб хIужаялда хурхун гIемерал далилал ракIарун ругин ва гьелда тIад рагьараб такъсир гьабиялъул ишги диваналде битIун бугилан.

Абусупьян Хархаровас МахIачхъаялъул дармил порталъе нухмалъи гьабулеб букIана Дагъистаналъул нухмалъуда МухIамадгIали МухIамадов вугеб заманалда. Абулеб букIана гьезул хъизамалъулгун лъикIаб гьоркьоблъиялда вугев чи кколин Хархаровилан. Амма МухIамадгIали МухIамадов хисун Дагъистаналъул нухмалъулевлъун МухIу ГIалиев тIамидал ва Абусупяница гьесул рахъкквезе байбихьидал бихханин гьезул букIараб гьудуллъи. Гьедин МухIу ГIалиев хисун МухIамадсалам МухIамадов вачIиндал дармил порталъул нухмалъиялдаса нахъе вахъана Абусупьян Хархаров ва республикаялда нахъе ун вукIана. ТIадвуссун гьев вачIана Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал, Хархаров тIамуна хIукуматалъул нухмалъулев хисулевлъун. СагIид Амиров вачун индал мэрасул тахбакIиде вугев кандидатазда гьоркьовги тIоцеве рехсолев вукIана гьев. Амма араб соналъул риидал вице-премьерасул хъулухъалдаса нахъе вахъана гьев ва нахъойги Дагъистан тун ана. Абулеб букIана гьев Москваялда бугеб живго бетIергьанаб «Сафинат» абураб бизнес гIуцIиялъе нухмалъи гьабулев вугилан.

Цо-цо информалатаз кьураб баяналда хъвалеб буго Абусупьян Хархаровасда рагьараб такъсир гьабиялъул иш СагIид Амировасда тIад рагьараб ишалда хадуб кIиабилеб бакIалда букIине бугилан ва гьелъ гIемераб ахIи-хIурги бахъине бугилан. Эдуард Уразаевас гIахьал гьабулеб гьечIо гьеб пикру. Амировасда тIад рагьараб ишалда гъорлъ аслияб бутIа кколин терроралъулал такъсираз, гьанибин абуни бицен гьабулеб бугин экономикиял такъсиразул

Абусупьян Хархаров кIибалев хIаким ккола Дагъистаналъул хIукуматалъул хIалтIухъабазда гьоркьов такъсир гьабиялъул иш тIад рагьарав. Гьедин исана апрелалда такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана вице-премьер МухIамадхIусен Насрудиновасда тIадги.

XS
SM
MD
LG