МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда лъиелиго бокьун гьечIо журналист чIварал чагIи тIатине


АхIмаднаби АхIмаднабиевгун цадахъ хIалтIулел рукIараз тIалаб гьабулеб буго цIех-рех Дагъистаналдаса нахъе босеян.

Журналист АхIмаднабиев чIваялда тIаса рагьараб такъсир гьабиялъул иш низам цIунулел федералиял идарабазде кьеян хасаб гIарза тIибитIизабуна инсанасул ихтиярал цIунулел халкъазда гьоркьосел машгьурал гIуцIияз. Гьезда гъорлъ руго Аrticle 19, Human Rights House Foundation, Index on Censorship, PEN International ва гь.ц.

АхIмаднабиев чIвана 2013 соналъул июлалда. ЦIех-рехчагIазул лъазабиязда рекъон, гьев чIваялъе аслияб гIиллалъун букIана гьесул иш-пиша. «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор хисулевлъун ва политикияб гьумер бачуневлъун вукIана АхIмаднабиев, гьединго гьев «Кавказский узел» информалаталъул мухбирлъун вукIана.

Гьесие хIинкъаби щолел рукIана. Гьезул хIакъалъулъ гьес жинцаго чанги нухалда лъазабун букIана. Гьев чIвазеги хIалбихьун букIана, амма зарал цохIо гьесул автомобилалъе щвана. Гьеб такъсир гьабурал чагIи ратичIо. Цодагьаб мех индал живго журналистги чIвана гьес гIумру гьабулеб минаялда аскIов.

АхIмаднабиев чIваялда тIаса рагьун букIараб иш араб соналда къан букIанин бицана «Эркенлъиялъе» «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас. «ЦIех-рех чагIаз маилан босун абизе щибго хIалтIи гьабичIо, гьелдалъун гьезие уголовияб иш къазе бигьалъана», - ян абуна Сагитовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, АхIмаднабиевасул коллегабаз гъулбасал ракIаризе руго цIех-рех Дагъистаналдаса нахъе босеян.

ХIажимурад Сагитов: «Гьаб анкьалдаса хадуб нижеца ракIаризе руго батIи-батIиял хъулухъазда ругел чагIазул гъулбасал. Гьел ракIаризе руго АхIмеднабиевасул уголовияб ишалда тIаса гьабураб гIарзаялда гъорлъ. Бастрыкинида гьаризе буго иш Шималияб Кавказалъул цIех-рехалъул идараялде кьеян».

Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталде АхIмеданбиевасул уголовияб ишалда тIаса гIарзаби цереги ритIун рукIана. Араб соналъул ноябралда инсанасул ихтиярал цIунулел 31 гIуцIиялъ битIана гIарза комитеталде. АхIмаднабиевасул чIваялда тIаса бачунеб цIех-рех хасал ишазул хал гьабулеб бутIаялде кьей тIалаб гьабулеб букIана гьез. ГIарзаби ритIана гьединго Россиялъул президентасул администрациялде, генералияв прокурорасул аппараталде, юстициялъул министерлъиялде ва цогидал пачалихъиял идарабазде. Амма цониги бакIалдаса официалиябни щиб, официалияб гуреб жаваб щвечIо.

АхIмаднаби АхIмаднабиев
АхIмаднаби АхIмаднабиев

«Бихьулеб буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъе гьеб уголовияб иш рагьине бокьун гьечIеблъи», - ян хъван буго гьал къоязда Article 19 абураб жамгIияб гIуцIиялъул сайталда баккараб гIарзаяда. ГIарзаялдаса цо цитата: «2014 соналъул октябралда Россиялъул президент Путиница рагIи кьуна Дагъистаналда чIварал журналистазул уголовиял ишазде кIкIвар буссинабизе. АхIмаднабиевасул чIваялда тIаса рагьараб ишалъул киналгIаги хIасилал гьечIо ва хIинкъи буго цогидал журналистазул ишалги гьединго телин. Эркенаб информациялъе ва рагIиялъе хIинкъи бугеб ахIвал-хIал бугин абизе бегьула гьелда. Гьелдалъун, ЦIех-рехалъул комитеталде ругьел битIулеб буго АхIмаднабиевасул уголовияб иш низам цIунулел федералиял идарабазде кьеян».

АхIмаднабиевасул чIваялда тIаса унеб цIех-рех гьадингосеб бугилан хъвана жидерго докладалда халкъазда гьоркьосеб машгьураб Human Rights Watch гIуцIиялъ. ГуцIиялъул докладалда мухIканго хъван буго журналист чIваялъул хIакъалъулъ. «ХIукуматалъе ва официялиял иадарабазе яги бокьун гьечIо, яги гьезда кIолеб гьечIо журналисталгун инсанасул ихтиярал цIунулезе щолел хIинкъабазе букIине кколеб къимат кьезе», - ян хъван буго докладалда.

АхIмаднабиев чIваялда тIаса бачунеб цIех-рех щвалде щвезабеян абулеб букIа инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан тIобитIараб ООНалъул хасаб сессиялдаги.

XS
SM
MD
LG