МагъчIваялъе рес

Сербиялъ Сребреницаялда лъугьа-бахъараб геноцидлъун рикIкIунеб гьечIо


Сербиялъ Россиялдехун буссун, гьарулеб буго Сребреницаялда букIараб чIвадариялда хурхун Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул хIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъ хIадур гьабураб резолюциялталда вето лъеян абун.

Гьадинаб хасаб кагъат Россиялъул президент Владимир Путинихъе Сербиялъул премьер-министр Томислав Николичица битIана, ян лъазабуна Сербиялъул телевидениялъ.

Рехсараб резолюциялъул проект хIадур гьабуна КIудияб Британиялъ. 1995 соналъул июль моцIалда Сребренницаялда микьазаргогIан бусурбанчи- аслияб къагIидаялъ бихьиналги балъугълъиялде рахинчIел васалги - чIвана сербазул рагъухъабаз.

Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул юридикиял инстанцияз гьеб иш геноцидлъун рикIкIана, амма Сербиялъул тIадтараз гьеб нахъ чIвалеб буго. Сербиялъулгун Россиялъул некIсиял диниял ва тарихиял бухьенал руго.

XS
SM
MD
LG