МагъчIваялъе рес

Грециялда гьатIан къоялъ референдум тIобитIана


Грециялда гьатIан къоялъ референдум тIобитIана. Гражданазда тIадаб букIана жаваб кьезе жал разиялищ-гьечIищали жиндир улка налъудул кризалъукьа борчIизе гIоло Европаялъул комиссиялъ, Халкъаздагьоркьосеб Валютияб Фондалъ ва Европаялъул Централияб банкалъ цере лъурал шартIзда.

Гьел шартIазда рекъон Грециялъе цIиял кредитал кьезе рес букIун буго хIукуматалъ экономикияб политика кьваризабуни. Гьелде данде чIун руго гIемерал гIадамалги жибго хIукуматги. Референдумалда цебе Грециялъул премьер-министрас халкъалдехун вуссун, ахIи бана гьединал шартIал нахъ чIваялда.

3 июлялда финансияб щулалъиялъул Европаялъул Фондалъ Грециялда дефолт лъазабуна.

Евроцолъиялъул хIисабалда Греция тIоцебесеб улкалъун букIине бегьула еврозонаялъукьа борчIараб. ТIадежоялъеги, тIобитIараб референдум цо-цо политиказ рикIкIула жибго Евроцолъиялъукьа борчIизе Афинабаз гьабулеб къасдлъун.

Цебеккунго гьабураб х1асилалда рекъон рищарухъабазул бащдабгIан къадар г1ахьалъана референдумалда, ян лъазабулеб буго Франс-пресс агентлъиялъ, ва гьезул цIикIкIараб къадаралъ «йохъилан» абуна.

XS
SM
MD
LG