Америкалъул Цолъарал Штатазул сенатор Роджер Уикерица Радио Эркенаб Европа – Радио Либерти радиостанциялъе 4 июлялда интервью кьолаго абуна, эркенлъи цIунулел улкабазда тIадаб бугин цадахъ рекъон кьварараб дандечIей гьабизе Россиялъул агрессивияб полдитикаялдеги «Исламияб пачалихъ» абулеб террористикияблъун рикIкIунеб багъа-бачариялдеги.
Уикер ккола Цолъарал Штатазул Хельсинкиялъул комиссиялъул бутIрузул цоявлъун. Гьез гьединго абуна Россиялъул Президентас Украиналда бан гьабулеб ишалъги Гуржистаналда ва Молдоваялда сепаратистазе гьабулеб квербакъиялъги Хельсинкиялъул къотIи-къаялъул ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул низамалъул щибаб принцип хвезабулеб бугин.
Россиялда бан гьес хасго гьадин абуна:
Роджер Уикер: «Россиялъе нухмалъи Владимир Путиница гьабулеб заманалда абизе ккараб буго гьесул ишазде данде баккулеб реакциялда гъорлъ къуватги букIине ккола. Эркенаб дунялалда тIадаб буго жиндир таваккалъи бихьизабулаго, жиндирго къиматал цIунизе».