МагъчIваялъе рес

Руслан МухIудинов хун ватилин


Россиялъул оппозиционияв политик Борис Немцов чIваялда щаклъи бугев ва цIех-рехалда лъазавурав Чачан Республикаялдаса Руслан МухIудинов хун ватилин, лъазабуна Росбалт агентлъиялъ низам-цIунулел гIуцIабазул баяназда мугъ чIвай гьабун. ЦIех-рехчагIазул хIисабалда хасго гьев Руслан МухIудинов кколин Заур Дадаевас рехсарав «Русик» абурав чи. Гьес жинда тIад къанин Немцов чIвазе ва гьелухъ жиндихъе 25 миллион гъурущ кьезе рагIиги кьун букIанилан.

XS
SM
MD
LG