МагъчIваялъе рес

Киевалъ рехсана жинде данде рагъ бачунев Россиялъул генералазул цIарал


Украиналда ругел сператистазе нухмалъи гьабулезда гъорлъ аслияб роль хIалеб буго Россиялъул щуго генералас.

Гьадин абун буго Украиналъул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъ Цолъарал Штатазул администрациялде битIараб хасаб досьеялда. Гьеб документ хIадур гьабун бугоан 16 июнялда.

Цолъарал Штатазул хасал хъулухъчагIаз лъазабуна, гьеб документалда рехсолел хIужаби жидехъе щварал баяназде тIубанго данде кколел ругин. Кремлалъ цо гуреб нухъалъ такрар гьабулаан – Украиналда Россиялъул аскариял гьечIин абун.

XS
SM
MD
LG