МагъчIваялъе рес

Чехиялъул премьерас Россиялъул бицен гьабуна


Чехиялъул премьер-министр Богуслав Соботкаца нижер радиоялъе интервью кьолаго абуна, Украиналда Россиялъ гьабулеб ишалъухъ Магърибалъ лъазарурал санкциял нахъе рахъизе ккеларин Минскалда гьабураб къотIи-къаялъул шартIал Москваялъ тIуразаризегIан.

Гьеб гуребги, жеги кьварарал санкциял гьаризе кколин Украиналда ахIвал-хIал нахъеги хIалуцинабизе бугони. Аммаила, тIаде жубана Соботкаца, Россиялъулгун цадахъ рекъон гьабулеб хIалтIи халат бахъинабизе кколин, масала «Исламияб пачалихъалде» гьабулеб цадахъаб дандечIей.

XS
SM
MD
LG