ТIоцебесеб июлялдаса байбихьун «Газпромалъ» гьоркьоса къотIана Украиналъе газ бачин. Гьадин лъазабуна рехсараб корпорациялъул бетIер Алексей Миллерица.
Гьесул рагIабазда рекъон Киевалъ заманалъ гIарац кьечIо араб моцIалда. Украиналъул тIадтараз жиндир иргаялда талат къоялъ лъазабуна, жидеца Россиялъул газ тIокIаб бичун босизе гьечIин. Щайин абуни – Москваялда ва Киевалда кIвечIин къотIи гьабизе Венаялда букIараб данделъиялда шартIазул суал дандбалаго.