Россиялъул Генералияб прокуротураялъ байбихьана цIех-рех 1992 соналда Совет Союзалъул Пачалихъияб Шураялъ Балтиялъул улкабазул лъидаго бачIеблъи къабул гьабиялда бараб хIукумуялъул, гьеб къануналда данде кколебищ-коларебищали лъазаби мурадалда.
Гьадинаб тIалаб дагьалъ цебе гьабуна Пачалихъалъул Думаялъул депутатазул къукъаялъ. Гъозул хIисабалда доб хIукму щакаб бугин, щайин абуни хIукму гьабунин конституционияб гуреб гIуцIиялъ.
Ахирисеб заманалда Балтиялъул улкабазул тIадтаразул хIинкъи баккана Россиялъ гьабизе бегьулеб агрессиялда бан.
Латвиялъ, Литваялъ ва Эстониялъ ахIи бана НАТО-ялде жидерго ракьазда альянсалъул къуватаз даимаб чIей гьабиялда.