МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул гимналда сверухъ цIияб дагIба


Дагъистаналдаса чанго чияс гIарза хъван буго республикаялъул ТIадегIанаб диванханаялде. Гьеб гIарзаялда гьез абулеб буго жал рази гьечIин Ширвани Чалаевас республикаялъул гимналъе хъвараб макъанги какун, гьеб нахъе бахъеян республикаялъул нухмалъулев Р. ГIабдулатIиповас кьураб тIадкъаялда. Юристаз гьезул рахъкколеб буго, бакънал хъвалел чагIазул пикруйин абуни батIияб буго гьелда тIасан.

Гьеб гIарзаялда гъоркь гъулбасун буго кинавниги 16 чияс. Дагъистаналъул инициативияб къукъайин жидецаго цIар лъура гьеб къукъаялъе бетIерлъи гьабулеб буго, цее республикаялъул печаталъул министр хисулейлъун хIалтIулей йикIарай Миясат Муслимовалъ.

Кагътида гъулбасаразул гIаммаб пикру загьир гьабун гьелъ абулеб буго Ширвани Чалаевас хъвараб бакъан Р. ГIабдулатIиповас хвалил зигараялъе бачунеб бакъаналда релъинаби, тIолабго дагъистаналъул жамгIияталъул ракIал лъукъараб гIадаб жо кколин, гьединаб хIукму гьабилалде цин гIолилазулгун ва цогидал жамгIиял гIуцIиялгун дандбазе кколаанин гьесилан.

Ширвани Чалаевас хъвараб бакъан гьеб кIудияб даражаялъул бакъан кколин. ХIасил-калам республикаялъул нухмалъулес гимн хисизабизе кколин абун кьураб тIадкъай мекъаб бугин ва киналго гьелда дандечIезе кколин абураб магIна буго гьеб гIарзаялъул.

Р.ГIабдулатIиповасул кагъат
Р.ГIабдулатIиповасул кагъат

Амма суал бачIунеб буго, лъица гьезие изну кьураб киналго дагъистаниязул кIалдиса кIалъазе ва гьез диваналде хъвараб гIарзаялъул хIасил букIине бугиш абураб?

Адвокат Расул Къадиевас абулеб буго гьечIилан. Амма МахIачхъалаялдаса юрист Сулейман Сулеймановас гIарза хъварал чагIазул рахъкколеб буго, диваналда гьел бергьине рес бугиланги абулеб буго гьес, амма цадахъго гьес рикIкIунеб буго гьебгощинаб ахIи-хIур гьабизе гIураб хIужа гьечIин гьеб гимналда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал.

Сулейман Сулейманов: «Диваналъ гьезул рахъкквезе бегьула, амма жибго гимналъулги гьелда сверун лъугьаралъулги гьедин кIодо-кIодо гьабун бициналъул магIна бичIчIуларо дида битIараб бицани. Масала, дида гьеб кинабго ахIи-хIур бахъинегIан республикаялъул гимн букIинцин лъалароан битIараб бицани. Сундуе ахIизе кколеб дагъистаналъул гIадамаз гимн? Буго гури нилъер пачалихъ Россиялъул гимнги пачалихъалъул гIаламат байрахъги».

ЭР: «Дуца рикIкIунеб буго Дагъистаналъе гимн хIажат гьечIиланиш?

Сулейман Сулейманов: «ХIажат гьечIиланги абиларо дица, дие абизе бокьн буго гьеб сабаблъун гIадамал бахIсалде кколел ругин. Гимналъ гIадамал цолъизаризе ккола, амма гьанирин абуни гIаксалда батIи-батIиял миллатал рикьизарун руго гьеб сабаблъун».

Амма журналист Саният Мансуровалъ рахъкколеб буго гIарза хъварал чагIаз загьир гьабураб пикруялъул.

Саният Мансурова: «Гьеб гимн 20 соналъ букIана нилъер республикаялъул гIумрудулъ - бергьенлъабазулъ. Нижее цIакъ рекIее гIола гьеб гимн. Гьелде ругьунлъунги руго ниж. Гьединго махщалилаб рахъалъ кутакалда тIадегIанаб куцалда, рагIа-ракьанде щунги хъван буго гьеб. ГIабдулатIиповасул, хасго ГIабдулатIиповасул, рахъалдасан гимналъе кьолеб квешаб къимат нижеда битIараблъун бихьуларо. Профессионалияб къимат гуро гьеб, гьединго патриотлъиги гьечIо гьел бадирчIваязулъ».

Ширвани Чалаевас хъвараб бакъан гимналда релълъараб жоцин гьечIин, гьеб бакIалда жиндица тIубанго рахъкколин ГIабдулатIиповасул пикруялъулин бицан «Эркенлъиялъе» Гъизилюрталда гIумру гьабун вугев бакъназул устар Каримуллагь ГIабдулаевас.

Республикаялъул нухмалъулес Чалаевасул гимн какун, цIияб гимн къваригIун бугин Дагъистаналъеян лъазабун хадуб, Культураялъул министерлъиялъ исана марталда конкурс лъазабун букIана цIияб гимн гIуцIиялъе. Гьеб конкурсалда гIахьаллъи гьабулеб буго Каримулагь ГIабдулаевасги.

Каримуллагь ГIабдулаев: « КъваригIун буго цIияб гимн Дагъистаналъе, жиб рагIарабго гьелъул гьумерги, мугIрул щобалги цере чIезабулеб. Чалаевас хъвараб жо бакъан гуро, гьеб лъиданиги ахIунги бажаричIо. Мисалалъе дица дарсал кьолеб музыкалияб училищеялда цониги цIалдохъанасухъа бажаричIоха гьеб ахIун, гIадамазул рекIелъги босулеб гьечIо гьеб».

«Черновик» газетаялъ цIех-рех тIобитIун буго дагъистаниязда гьоркьоб хIажат бугищ Дагъистаналъе цIияб гимн абун. ЦIех-рех гьабуразул 73 проценталъ абулеб буго хIажат гьечIилан, 15 проценталъ рикIкIунеб буго гимн гуребги жеги гIемер кIвар бугел суалал ругин республикаялда кIвар кьезе кколел ва гIицIго 11 проценталъ рахъкколеб буго Рамазан ГIабудулатIиповас гьабсагIат бугеб гимн хвалил бакъаналда релълъараб бугин абураб пикруялъул.

Социалиял гьиназда хъвадарулеб гIолохъанаб гIелалъ абулеб буго республикаялъул гимн букIине кколин гьеб рагIарабго ракI гьалдезабулеб, борхалъи цебе чIезабулеб. Гьелъие мисаллъун гьез бачунеб буго Расул ХIамзатовасул рагIабазда ахIулеб «МагIарулал» абураб кечI.

XS
SM
MD
LG