Россиялъул ва къватIисел улкабазул журналистазул, инсанасул ихтиярал цIунулезул, диниял ва жамгIиял хIаракатчагIазул къукъаялъ лъазабуна, жидеца «Динияб эркенлъи» абулеб халкъаздагьоркьосеб жамгIияб багъа-бачари гIуцIун бугин.
Жидерго интернет-сайталда загьирабураб декларациялда абун буго, цо-цо улкабазул тIадтараз хал кквей гьабулеб буго диниял хIаракатчагIазда ва гIадатиял гIадамазда хадуб.
Низам-цIунулез тIадецуй ва зулму гьабулеб бугин божулел гIадамаздеин. Жиндир аслияб мурадлъун гьеб цIигIуцIараб багъа-бачари лъазабуна гьединал гIадамазул ихтиярал цIуни.