МагъчIваялъе рес

Ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял халат рахъине рес буго


Ираналъулги бищунго асар кIудияб анлъго улкаялъулги делегациязда гьоркьоб Тегераналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаязул ахирисеб фаза тIобитIулеб буго гьатIан къоялда Венаялда.

Цебе гьабун букIараб хIукмуялда рекъон, 30 июналде рахъаз хIадур гьабизе ккола Ираналъ жиндирго ядерияб программаялда хурхарал хIалтIи чIезабиялъухъ улкаялде данде лъазарурал санцияби тамах гьариялъул мухIканаб къотIи-къаялъул проект.

Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица гара-чIвари гьабуна Ираналъул къватIисел ишазул идараялъул бетIер МохIамад Джавад Зарифилгун. Гьелъул хIасилазул хIакъалъулъ лъазабулеб гьечIо. Гьеб кколеб рагIула цебесеб къоялдаса нахъе гьел кIиязулго лъабабилеб гара-чIвари.

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Федерика Могериница, Венаялде щварабго, лъазабун букIана, "къотIи-къай гьаби захIматаб масъала кколин, амма гьеб кколарин гьеб гьабизе бажаруларин абурабин". Гьелъулго рагIабазда, къварагIел бугони, кIалъа-басаял чанго къоялъ халат рахъинаризеги бегьула.

XS
SM
MD
LG