Электроэнергиялъул багьа борхизабиялъул буюри гIумруялде бахъинабиялъул процесс чIезабун буго Армениялъул президента Серж Саргсяница.
Гьесул рагIабазда, «Армениялъул электросетал» абураб компаниялъул аудит лъугIинегIан хIукуматалъ жиндего тIаде босулеб буго электроэнергиялъухъ борхизабулеб багьаялъул гIарцил компенсация гьеб компаниялъейин кьей.