МагъчIваялъе рес

КIиго тахида гIодорчIарал


Дагъистаналъул прокуратураялъ Халкъияб Мажлисалдаса тIалаб гьабулеб буго «Дагогни» шагьаралде администрациялъул бетIер хисулевлъун витIарав депутат АхIмад Изиловасул суалалде кIвар кьеян. Прокуратура рази гьечIо гьеб хIукмуялдаса.

Щайин абуни депутатасул хъулухъалда данде кколареб хIалтIи тIадкъан бугила гьесда. Гьелдалъун хвезабун бугила муниципалияб хъулухъалъул хIакъалъулъ бахъараб къанун.

Халкъияб Мажлисалъул сахлъи цIуниялъулгун социалияб политикаялъул комитеталъул вакил АхIмад Изилов гьеб шагьаралде витIана исана 18 июналда. Республикаялда бицен буго хадубккун Изиловасе къваригIун бугин гьенив мэрлъун вукIине.

Болжал лъугIилалдего депутатазул хIалтIи чIезабиялда бан бахъараб къануналъул проект цебе лъун букIана парламенталъ 25 июналда. Амма гьелда дагIба бана цо-цояз. Масала, коммунистазул депутат МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Цо депутатас гьаб цоябги, доб цоябги иш кодобе босиялъул рахъ кколев чи дунги гуро. Амма гьабулеб ишалъул цо тартиб букIине ккеларищ? Гьединал жалазде бищун гIемер вахъунев чи вуго дун. Амма гьаб нужеца цебе лъураб къануналъул проект жеги дандбазе ккола. Депутатасул ишалда данде кколарел жал гьари абун хъван буго гьаниб. Гьелъул магIна щиб? Бокьарас бокьараб магIна гьабизе бегьула гьелъул».

Исана сентябралде щвезегIан гьеб къануналъул проект цониги цIалиялда къабулги гьабичIого чIезе тезе бегьуларищан абуна сессиялда прокуратураялъул вакил ХIусеновалъ. Проект гьоркьоб лъезе замангицин гIечIила жидее, битIун сессиялда цебе факсалдасан битIун бачIанила гьеб. Гьединлъидал букIине кколеб куцалда прокуратураялъ гуребги, юстициялъул министерлъиялъги гьоркьоб лъечIила.

Хадур коммунистазул цогидал вакилзабиги кIалъана нужеца нужеего бокьараб мехалда батIи-батIиял къанунал къабул гьаризе тIадаблъун гьабулеб бугин жидеда.

Гьениб бицен ккана дов цевеххун рехсарав А. Изиловасулги. Гьевго гIадин чанго бакIида тIад гIодор чIарал депутатал гIезегIан рехсезе бегьула республикаялда.

Депутатаз тахбакIал кквеялдаги бизнес гьабиялдаги бан ЭР-ялъе гьадин бицунеб буго «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас.

ХIажимурад Сагитов: «Дагъистаналда кинабго бечелъи батаниги, хъулухъ-иш батаниги, цIакъго дагьал гIадамазухъ буго. Гьединлъидал гъозухъа гъоб хIалтIи букIине кколеб куцалда цебехун бачине бажарулеб гьечIо. Щайгурелъул гъол анир речIчIун, дора речIчIун, кIиго-лъабго бакIида гIодов чIезе ккун, гъол регIулел гьечIо аслияб хIалтIуде. ЧIобого гъоз гъоб гьабулеб букIарабани, абилаанха бихьуларищин гъозул лъикIлъи, халкъалъе гIоло хIаракат бахъулеб бугилан… Амма гьеб гьеб гьабулеб буго жидерго кьибил-тухум щулалъиялъе, жидерго бечелъи цIикIкIиналъе. Гьединлъидал депутатаз цогидаб хIалтIи цадахъ бачиналда данде вуго дун. Щайин абуни къанунал рахъи цIакъ ургъун гьабизе кколеб ишлъидал. Балагье цо, гьабсагIаталда республикаялда кутакалда захIматаб хIалалда буго ракьазул, социалияб рахъалъул, цогидалъул. Гъол депутатазулин абуни бетIер гьелда тIад хIалтIулеб гьечIо».

25 июналда МахIачхъалаялда тIобитIараб парламенталъул сессиялдаги бицана гьебго суалалъул. Масала, Гъизилюрт мухъалъулги МахIачхъалаялъулги нухмалъулезухъа нахъе мандат нахъе босизе кколаан. Амма республикаялъул бетIер Рмаазан ГIабдулатIиповас абуна щиб букIаниги ургъизегIан, гьеб суал хаслихъелъагIан нахъбахъун теян.

XS
SM
MD
LG