МагъчIваялъе рес

Венаялда тIоритIулел руго Тегераналъул ядерияб программаялда хурхарал кIалъа-басаял


Тегераналъул ядерияб программаялда хурхун къотIи-къай гьабизе бегьула, цогидаб рахъалъ цIакъго кIудиял тIалабалги шартIалги загьир гьарулел гьечIониян, лъазабуна Ираналъул къватIисел ишазул идараялъул бетIер МахIамад Джавад Зарифица 27 июналда кIалъа-басаязул ахирисеб этапалда гIахьаллъизе Венаялде щваравго.

Ираналъул министрасулгун кIалъа-басаязда гIахьаллъизе тIоцеве гьениве щвана Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри. Дагьалъ хадур гьенире рачIана Россиялъул, Британиялъул, Франциялъул, Германиялъул ва Китаялъул вакильзабиги.

«Божилъи бугеб къотIи-къай гьабизе ккани рахъаз дандбазе ккола лъабго кIвар кIудияб фактор - ядерияб программаялда хурхун цIех-рехалъе ва хIалтIиялъе гIорхъаби лъеялда, Ираналъул ядериял объектазул щвалде-щвараб инспеция гьабиялда ва къотIи-къай Тегераналъ хвезабулеб бугони, автоматикияб къагIидаялда санкцияби нахъе руссинариялда хурхарал», - ян лъазабуна Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусица.

XS
SM
MD
LG