МагъчIваялъе рес

Парламенталъул данделъиялда негативияб атмосфера букIана


25 июналда тIобитIараб Дагъистаналъул парламенталъул сессиялда хIисабалде босун букIана МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановасухъаги Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулев МухIамад Шабановасухъаги депутатазул мандатал нахъе росизе. Къануналъ рес кьоларо кIиго иш цадахъ бачине.

Республикаялда бицен буго «Единая Россиялъул» вакилзабазул сияхI гIуцIулеб мехалда дагIба кканин Сулеймановасулгун парламенталъул спикерасул. Гьедин хIалуцанин гьезул гьоркьорлъабиги. Амма гьел гьоркьорлъаби гьелде щвелалдегоги лъикIал рукIинчIин абураб пикруги буго.

СагIид Амировги туснахъалде тIамун хутIараб тахшагьаралъе нухмалъи гьабизе къуватав чи къваригIиналъ ракIалде ккун букIанин жинда Сулейманов МухIамад мэрасул хъулухъалда тезе, амма доб мехалдаго гьесда тIад рекъечIел чагIи чанги рукIанин республикаялъул тIалъиялдайин бицана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас сессиялда. Амма Избербашалдаги хIалтIулев вукIанин мэрлъун, Халкъияб Мажлисалъул спикерлъунги вукIанилан жинцаго бетIералде тIаде босун букIанила Сулейманов МахIачхъалаялда тезе.

Байбихьуда дагьа-макъавго тIаделъунги вукIанила хIалтIи гьабизе, хадуб бичча-бихъан тезе байбихьанила гьес гьеб. Чара гьечIого гьабизе кколеб анкьго иш букIанила, амма Сулеймановасда кIвечIила гьеб тIубазе. Хасго риххизе къачIарал минабахъа гIадамал гочинаризелъун Россиялъул президентас гъулбасараб программа. Хадубккунги иш гьедин хадуббехъерхъун хутIани, цIияб соналдаса байбихьун Дагъистаналда тIад къотIизе рагIула кIуди-кIудиял гIакIаби. Амма гьелдаго цадахъ цойги хIужаги баян гьабизе къваригIун букIанин жиндиеян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дие гьев чи сундухъго балагьичIого, ахиралде щвезегIан цадахъ вилълъунищали, божилъи гьабизе бегьулев чи вугищали лъазе къваригIун букIана. Гьединлъидал дица хабар биччана гьев нахъе ине кколилан, нахъе витIизе хIукму гьабун букIинчIониги. Амма гьес рагьун жиндирго бербалагьи бихьизабуна. Сан гьабунгутIи букIана гьеб. Хъулухъ буго жакъа букIаниги, метер букIунареб жо. ГIаданлъи буго аслияб жо. Гьеб цIунизе ккеларищ. Амма ВалибахIандил МухIамадидехун кинабгIаги божилъи хутIичIо хIукуматалъул.

Гьединго нижеца гьабураб гьикъа-бакъиялда рекъон, МахIачхъалаялда гIумру гьабулел чагIазул 90 проценталъ жаваб кьуна Сулеймановасдехун божилъи хванилан. Гьединлъидал диргун, яги спикер Хизри ШихсагIидовасулгун, ялъуни хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусмаад ХIамидовасулгун МухIамад Сулеймановасул рагIи дандеккунгутIиялъулъ гуро иш бугеб. Гьесда шагьар бачине лъангутIиялъулъ буго. Дур тIулбикьарав вац вукIаниги щиб, хIалтIизе лъалеб батичIони? Гьединлъидал МухIамад Сулейманов хадубккун республикаялъул тахшагьаралъул бетIерлъун хIалтIун бажаруларин абураб хIукму гьабун буго. Бажаруларо гьесухъа гьеб».

Хадуб ирга щвана спикер Хизри ШихсагIидовасде. РукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул министрасул баяназда рекъон, МахIачхъалаялда гIемертIалаяб 150 –де гIагарун мина бугин кинабгIаги изнуги гьечIого балебин байбихьанин гьес. Шагьаралда бокьарас бокьараб гьабулеб бугила. Сулеймановас жинцаго ккезабунила гьеб хIалалдеги гьеб. Щибниги дандбазе ахIидалги вачIунарила.

Хизри ШихсагIидов: «Киналго телефоналги свинарун чIун вуго, гьев вугеб бакI лъалев чиги гьечIо. Парламенталъул нухмалъулевлъун вукIарав чи вуго гьев. Амма вукIине кколеб куц лъалеб гьечIо. Цо-цо пишабийин абуни хулиганасул гIадал руго. ДагIбадичIого кIалъазеги лъазе ккола. Гьединлъидал млн чияс гIумру гьабулеб, республикаялъул тIолабго экономика жаниб бугеб тахшагьаралъе нухмалъи гьабизе бажарулеб гьечIо гьесухъа».

ЭР-лъе МахIачхъалаялъул администрациялда бицухъе, Сулеймановасе жиндирго команда гIуцIизе толеб гьечIо тIадехун ругез, жидедаго лъикIин ккарал чагIи мэриялде росеян тIадкъаялги кьун.

КигIан гIемер гIиллаби рукIаниги, депутатасул мандат нахъе босичIого телин нилъеца Сулеймановасухъа исана сентябралдалъагIанин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьеб мехалда МахIачхъалаялда шагьаралъул депутатал рищизе руго. Гьелго депутатаз октябралда мэрги вищизе ккола. Амма Сулеймановасухъа депутатасул мандат нахъе босичIого теялъе гIилла бугин гьев цо заманалда Дагъистаналъул парламенталъул спикер вукIиндал, гьесул адаб гьабизе кколин тIаде жубана ГIабдулатIиповас.

Сулейманов МухIамадида цадахъго Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулев Шабанов МухIамадихъаги босизе кколаан гьебго мандат. Шабановас гIарза хъван буго жив Гъизилюрт мухъалдаса нахъеги вачун депутатлъунго тейилан. Амма гьедигIан лъикIав нухмалъулев нахъе вахъизе рес гьечIилан, Рамазан ГIабдулатIиповас къабул гьабун гьечIо гьесул гIарза. Цо хIукму ургъизегIан гьесул суалги сентябралде щвезегIан тезе бугин абуна гьес. ШихсагIидовасда кIалъазе бигьа букIунила, 10 минуталда жаниб бицун бажарулила гьесулгун хабар.

Гьебго заманалда интернеталде рехулел руго Сулейманов какаралги ШихсагIидов какаралги макъалаби. Масала, Хизри ШихсагIидовасул хIакъалъулъ хъван буго гьес республикаялъул тIалъиялда кирго жиндирго чагIи тун ругин, гьев живгоги СагIид Амировасул чи вугилан.

XS
SM
MD
LG