Цебесеб анкьалдаго байбихьараб протесталъул акция халат бахъунеб букIиналде балагьичIого, Армениялъул хIукуматалъ инкар гьабун буго I августалдаса байбихьун электроэнергиялъул багьа цIикIкIинабиялда хурхараб хIукму хисизе.
Улкаялъул премьер-министр Овик Абрамяница лъазабуна, гьединаб хIукму къабул гьабичIого тезе рес букIинчIин, амма жидеца ресал дагьал гIадамазе компенсацияби кьезе ругин ва улкаялда экономикияб баланс цIуниялъе киналго механизмал хIадур гьарун ругин.
Гьебго заманалда Армениялда протесталъул акциябазул рахъ кколезул къадар заман арабгIан цIикIкIунеб бугин, лъазабулеб буго информалатаз.