МагъчIваялъе рес

Франциялдаги СШАялдаги гьоркьор бахIсал рагъарулел руго


Цоцада хадуб хал кквей букIине бегьулеб жо гурин партнеразда гьоркьобин, лъазабуна Франциялъул лидерасда хурхун Цолъарал Штатазул гьединаб хьвада-чIвади букIанин абун раккарал лъазабиял ракIалде росун Франциялъул хIукуматалъул вакил Стефан Ле Фолица, президент Франсуа Олландица ахIараб экстренияб данделъиялда.

Талат къоялда WikiLeaks Mediapart сайтазги ва Liberation газетаялъги цадахъго рахъун руго 2006 соналдаса байбихьун 20I2 соналъул маялде щвезегIан Цолъарал Штатазул Миллияб хIинкъигьечIолъиялъул агентлъиялъ Франсуа Олландил, Николя Саркозил ва Жак Ширакил телефоналдасахун кIалъаязухъ гIенеккулел ва гьединго гьезул электрониял кагътал цIалулел рукIараблъи бихьизабулел документал.

Материалазда рихьизарун руго чанги кIудиял хъулухъчагIазул мобилиял телефоназул номерал, гьездаго гъорлъ президентасулги. Гьезда гьединго руго финансазул глобалияб кризисалда, Грециялъул налъабазул кризисалда ва Франциялъул президентасул администрациялъуги Германиялъул хIукуматалъулги гьоркьорлъабазда хурхун кIалъаязул къокъал магIнабиги.

ХъахIаб рукIъалъ инкар гьабун буго гьел лъазабиязда хурхун комментариял гьаризе, Америкаялъул хасал хъулухъаз гIицIго Цолъарал Штатазул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда гурони ххал кколаринги абун.

XS
SM
MD
LG