Россиялде данде санкцияби лъазарурал улкабаздаса кванил нигIматазул импорт гьукъи халат бахъинабуна президент Владимир Путиница. Гьелъул хIакъалъулъ гьес лъазабуна арбагI къоялъ хIукуматалъул гIахьалчагIазулгун данделъиялда.
Гьеб кколин «Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалин» лъазабуна Путиница. Гьесулго рагIабазда, къватIисан улкаялде баччулеб гьанал, ччугIил, рахьдал продукциялъе гIорхъаби чIезариялъ кумек гьабизе ккола Россиялъул фермеразеги, кванил нагIматал риччалел гIуцIиязеги.
Цолъарал Штатазда, Евроцолъиялда, Канадаялда, Австралиялда ва Норвегиялда хурхун гьеб ишалда гIорхъаби Россиялъ тIоцебесеб нухалда чIезаруна цебесеб соналъул августалда.
Итни къоялда Россиялде данде санкцияби халат рахъинариялъул хIакъалъулъ лъазабун букIана Евроцолъиялъ.