МагъчIваялъе рес

НАТО гIахьаллъизе гьечIо Россиягун ярагъ биччаялъул къецазда


Шималияб Атлантикаялъул цолъи Россиягун ярагъ биччаялъул къецазда гIахьаллъизе гьечIин, амма нилъеца нилъерго партнеразул хIинкъигьечIолъиялъе гарантияби чIезаризе кколин, лъазабуна арбагI къоялда гьеб гIуцIиялъул бетIер Йенс Столтенбергица Брюсселалда НАТОялъул пачалихъазул улкаби цIуниялъул министразул данделъиялда цебе.

Гьес жубана, Россиялъ Украиналъул машрикъалда сепаратистазе квербакъи халат бахъинабулеб бугин, гьелъ гьенибе ярагъги гIадамалги ритIулел ругин. Европаялда агрессивияб хьвада-чIвадиялъул жавабчилъи Россиялда бугин.

НАТОялъул генералияв секретарас абуна, Шималияб Атлантикаялъул альянсалъул киналго галаби хурхарал ругин жалго цIуниялда ва киналго галаби данде кколел ругин халкъаздагьоркьосел тIадеросияздайин.

XS
SM
MD
LG