МагъчIваялъе рес

Генуб цIидасан кьвагьдолел руго


23 июналъул радакьалдаса нахъе Унсоколо мухъалъул Генуб росдада аскIор тIоритIулел хасаб операциялъул хIасилалда лъабго чи чIван вугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз. Гьел хасал тадбирал лъугIизегIан гендерил туннельги къан бугин, росулъе жаниве къватIиве щивниги чиги виччалев гьечIин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

алат къолъул радакь ункъго тIубаралдаса нахъе Унсоколо мухъалъул Генуб росдада аскIоб хасаб операция тIобитIулеб буго. Гьелъул хIасилалда, ахирисел баяназда рекъон, лъабго чи чIван вугин лъазабулеб буго Россиялъул терроризмалде данде чIараб комитеталъул вакилзабаз. Гьез бицухъе хасал идарабазухъе баянал щун руго Генуб росдадаса рикIкIад гьечIеб бакIалда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул чанго чи вахчун вугин абун.

Гьел рахчараб блиндаж сверунги ккун, кверде рачIайин абураб мехалда, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазде кьвагьдон руго гьел, гьелъул хIасилалда цо полициялъул хIалтIухъан чIван вуго. Данде кьвагьараб жоялъ кIиго изну гьечIого яргъидгIуцIаравги чIван вугин лъазабулеб буго Россиялъул терроризмалде дандечIараб комитеталъ. Гьединго талат къоялъул радакь лъабго тIубаралдаса нахъе хасал идарабаз Буйнакск ва Унсколо мухъалда терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун буго.

Гьаб сагIат росулъ щиб ахIвал-хIалин бугебин абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Генуса МухIамадова Хадижатида. 23 июналъул къад лъабго тIубараб мехалда Генуб бугеб лъугьа –бахъунелъул бицунаго гьадин абуна гьелъ.

«ЭР»: Щиб гьаб сагIат гьениса гIебеде лъугьа-бахъунеб бугеб ?

МухIамадова Хадижат: «Радакьалдаса нахъе кьвагьа-гIанкъи букIана гьаниб рагIулеб, росу тун дагьаб рикIкIадегIан бугеб бакIалда бугин гьебин абулеб буго. МухIканго гьениб щиб лъугьунеб бугебали лъалеб гьечIо.

«ЭР»: Росулъ бугищ кьвагьи?

Хадижат МухIамадова: «ГьечIо, росулъ гьаб сагIат рагIулеб жо гьечIо щибго. Роржанхъулел вертолетал руго цохIо. Лъабго чи чIван вугила, цояв лъукъун вугинги абуле бугоха росулъ. Жанире къатIире щивниги виччалевги гьечIо, туннельги къан буго.

«ЭР»: Росулъ рокъо-рокъоре рачIун чIухь балеб бугищ низам цIунулез?

МухIамадова Хадижат: «Нижер мина бугеб рахъалде жеги гьел рачIинчIо, амма росдал добцояб рахъалда рокъо-рокъоре раккун хал-шалал гьарулел ругин абулеб буго росуцояз».

КидаллъагIан къан бугеб гендерил туннелали лъаларин, терроризмалде данде чIараб низам бахъичIого гьеб рагьи щакаб жо бугин лъазабуна «Экренлъи» радиоялда Дагъистаналъул транспорталъул ва нухазула агентлъиялъул пресс-хъулухъалда. Гьеб къан бугебгIан мехалъ тIадмагIарухъе гIадамал Лавашисан бугеб басрияб нухдасан хьвадизе кколел руго.

Гьединго бакIалъул гIадамаз бицухъе гьеб кьвагьа-гIанхъи ккун рагIула гендерал куракул ахал ругеб бакIалда. БитIун курак барщулъ гьарурал гьел кьвагьа-гIанхъияз жидер кинабго бачIин хвезабунин абун разигьечIого руго гьел. Хасало хасаб операция тIобитIулаго хурмадул ахал хвезарунин жидер, гьанже курак барщулъ гьелъул ахал хвезарулел ругин абун руго гIодоса тIадего аслияб къагIидаялъ пихъ гIезабун гьеб бича-хисун магIишат гьабулел рукIарал генал. ТIа-тIалаго тIоритIулел хасал операциязги, гьелда хадуб бахчараб ярагъги, кьвагьулел жалги ралагьизейин абун ралел чIухьазги жидер буголъиялъул жого хутIичIин абулеб буго генусез. Багьа-багьана батун жидер росулъ рукъзал кьвагьизарулила гьез, рукъзабахъ хал-шал гьабизе рачIараб мехалда гьениса месед-гIарац бикъун батулила, къайи-къоно хвезабулила, гьелъухъ жеги цониги нухалъ рецIалил гIарацги кьечIила жидеейилан абулеб буго гьез.

Гьединго риххизарурал рукъзабахъги, хвезабураб магIишаталъухъги лъагIел аниги жеги щибго жо щвечIого хутIун руго Временное росулъ гIумру гьабун рукIарал генуселги. Лъабго моцIица халат бахъараб хасаб операциялдаса хадуб Временноялда цо-цо минаби кьучIдещвезегIан риххизарун руго, гIемерисезул рокъоб букIараб сахабщинаб къайи я бикъун ун буго, я гъургъурун буго. Руссине бакI гьечIолъиялъ лъалел-хъвалезул дора щиб, гIагарлъиялъул дора щияли рикьа-риххун руго Временноялдаса 30 гIан хъизан. Инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздаса гьоркьохъеб «Мемориал» идараялъ Временноялда къуваталъул идарабаз гьарурал ишал къанунги инсанасул ихтиярал хвезабиги бугин чIезабейилан абун диваналдеги прокуратураялдеги гIарза хъван букIана. Амма гьениб низам цIунулез къанун хвезабиялъул хIужа гьечIинги абун гIарзалда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьизе инкар гьабуна Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ.

Гьаб передача къватIибе иналде цебе республикаялъул хасал идарабаз лъазабуна Генуб гIадамазул рукъзабахъ хал-шал гьабулаго цоязул доба бункер батун бугилан. Гьеб минаялъул бетIергьан ккунги вугилан. ТIокIал батIиял баяналги кьолел гьечIо гьез. Хасал тадбиралги гьенир жеги халат рахъунел руго.

XS
SM
MD
LG